Аслияб гьумералде

«Аварагзабазул тарих»

«Аварагзабазул тарих»

Школалъул цIалдохъабаз пайда босизелъун Дагъистаналда къватIибе биччана «История пророков» абураб тIехь. Гьелдаго цадахъ буго хIалтIулаб тетрадьги. Гьеб тIехьалда бицунеб буго Къуръаналда цIарал рехсарал киналго аварагзабазул хIакъалъулъ, ай Адамидаса МухIаммад ﷺ аварагсде щвезегIан. Гьебги хъван буго лъималазда бичIчIулеб мацIалда.

Имам Шамилил хIакъалъулъ тIехь

ДРялъул муфтияталъул гIелмуялъул отделалъ хIадур гьабун буго «Хуласат ат-тафсиль ‘ан ахваль аль-имам Шамвил» («Краткое изложение подробного описания дел имама Шамиля») абураб тIехь. Гьелъул автор ккола Гъазигъумекиса ГIабдурахIман (1837-1900). Гьес гьеб хъван букIана гIараб мацIалда. Имам Шамилида цадахъ Калугаялда гIумру гьабун вукIарав авторас мухIканго бихьизабулеб буго ахирал соназ Кавказалда имамасул букIараб хIаракаталъул ва бицунеб буго Имамат биххиялъе ккарал цо-цо гIиллабазул хIакъалъулъ. Гьединго тIехьалда бицунеб буго Россиялде имам Шамилги гьесул хъизанги бачIараб куцалъул ва Калугаялда гьезул букIараб гIумру-яшавалъул хIакъалъулъ.

Диниял хIаракатчагIазе курсал

Дагъистаналъул муфтияталда тIобитIана хасал курсал лъугIизарурал диниял хIаракатчагIазе дипломал кьеялъул тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул председатель МухIаммад Майрановас ва муфтиясул заместитель МухIаммад Мангуевас. Данделъаразе гьез гьарана лъикIабщинаб, гьаруна халкъалъе пайдаяллъун рукIиналда хурхарал вагIзаби. Дипломалин абуни кьуна курсал лъугIизарурав 180 чиясе.

ХIежалде ине путевкаялъе гIоло

Набережные Челны шагьаралда тIобитIана бусурбабазда гьоркьоб татаразул миллияб «Кереш» гугариялъул ва армспорталъул рахъалъ къецал. Гьелъул гIуцIарухъабилъун рукIана Татарстаналъул муфтият, шагьаралъул исполком, Россиялъул ва Татарстаналъул гугариялъул рахъалъ федерация. Къецазда тIоцересел бакIал ккуразда гьоркьоб можоро рехулеб букIана хIежалде ине путевка бергьиналъе. Къецазда гIахьаллъана 100-ялдасаги цIикIкIун спортсмен. Мусульманские.

Багьаби рахинариялда бан муфтияталъул хитIаб

ДРялъул муфтияталъул председатель МухIаммад Майрановас хитIаб гьабуна республикаялъул предпринимателазде ва гьарана гьадинаб захIматаб заманалда багьаби рахинаричIого тейилан абун. «Нилъеца цоцазда гурхIел гьабулеб бугони, Аллагьасги гурхIел бихьизабула нилъеда. Жакъа нилъеда бихьулеб буго жамгIияталде тIаде бегун бугеб захIмалъи. Гьелдаса пайдаги босун цо-цо предпринимателаз, расги нечечIого, рахинарулел руго багьаби ва гъоркьгоги халкъалъе захIматаб гIумру жеги захIмалъизабулеб буго. Дагъистаналъул муфтияталъ щивав даранчи ахIула кколелдасаги багьаби рахинаричIого теялде. ЗахIматаб заман букIин бичIчIула, амма халкъалъе нужеца гьабулеб бигьалъиялъухъ нужер даран-базаралда баракатги лъезе букIин кIочене бегьуларо», - ян абулеб буго муфтияталъ гьабураб хитIабалда.

«Инсаналъул» иргадулаб кумек

Дагьал церегIан къоязда «Инсан» фондалъул хIаракаталдалъун, Донецкиялдасагун Луганскиялдаса лъутун рачIаразе битIана иргадулаб кумек. НигIматазул цIурал машинаби ана Крымалде. Фондалъул гендиректор МухIаммадрасул АхIмадовасул рагIабазда рекъон, гьедин гьабураб тIоцебесеб кумекалдаса хадуб гIемерал гIадамазеги бокьун буго кумек гьабизе ва гьелъул хIасилалда кIиабилебги кумек битIана къварилъиялде ккаразе. Гьелда гьоркьоб буго кванил нигIматал, ретIел-хьит ва цогидабги хIажатаб, ай кинабнги 60 тонна.

Мажгит къачIалеб буго

Санкт-Петербургалда реставрациялъулал хIалтIаби гьарулел руго Соборнияб мажгиталда. Гьеб иш гьабизе байбихьана 2020 соналдаго. - Петербургалда буго бищунго берцинаб мажгит. Гьебги бана бусурбабаз садакъаде кьураб гIарцухъ. Гьеб буго нилъер тарих ва нилъеца цIунизеги ккола, - ян бицана шагьаралъул губернатор Александр Бегловас. Гъоркьиса шагьаралъул бюджеталдаса гьелъие харж гьабун букIана 300 миллион гъурущ.

Северияб Осетия-Аланиялда конференция тIобитIана

РФялъул ЖамгIияб палатаялъул член, Москваялъул муфти Альбирхазрат Кргановги гIахьаллъана Владикавказлда тIобитIараб тIолгороссиялъул гIелмиябгун практикияб конференциялда. «Духовное служение и социальная миссия религиозных организаций в контексте формирования общероссийской гражданской идентичности» абураб темаялда тIасан докладги гьабуна гьес. Конференция тIобитIана Северияб Кавказалъул бусурбабазул координациялъулаб централъул, Северияб Осетия-Алания республикаялъул Динияб идараялъул хIаракаталдалъун.

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...