Аслияб гьумералде

«Инсаналъул» иргадулаб кумек

«Инсаналъул» иргадулаб кумек

«Инсаналъул» иргадулаб кумек

Кванил нигIматазул цIураб 15 азарго къвачIа бикьана дагьал церегIан къоязда «Инсан» фондалъ. Гьеб акцияги тIобитIана Халкъазул цолъиялъул къоялъул хIурматалда. Фондалъул прессхъулухъалда бицухъе, кванил нигIматал рикьана тIолабго Дагъистаналдаго ва гьеб кумек щвана мискинал хъизамазе.

ЛъаратIаги «Ас-саламалъул» байрахъ

Дагъистаналъул районазда подписка цIикIкIун гьабуразда гьоркьоб тIоцебесеб бакI кколеб буго ЛъаратIа районалъ. «Ассалам» казияталъул редакциялъул гьеб тIибитIизабулеб отделалъ хIисаб гьабула гьеб рахъалъ бищун цIикIкIун лъица подписка гьабун бугебали. Гьайгьай, хIисабалде босула халкъалъул къадарги. Бищун цIикIкIун подписка гьабун батараб районалъухъе кьола хасаб байрахъги. Гьеб байрахъ тIатIалаго ЛъаратIа районалъухъ букIана анкьго соналъ. Бащдаб лъагIелалъ гьеб щун букIана Хьаргаби ва ЧIарада районазухъеги. Гьале исанаги тIадбуссана гьеб ЛъаратIа районалде. Бокьун буго редакциялъул рахъалдасан ракIракIалъулаб баркала кьезе гьениб казият тIибитIизабиялъул хIалтIи гьабулев вугев нижер вакил МухIаммадов АсхIабие, ЛъаратIа районалъул имам КъурамухIаммадов ШагIбание ва тIолабго районалъул жамагIатазеги! Аллагьас кидаго тIоцебесеб бакIалда таги нуж лъикIабщинаб ишалъулъ!

Хунзахъ мавлид

РабигIул-аввал моцIалъул хIурматалда Хунзахъ районалъул Хунзахъ росулъ тIобитIана мавлид. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГIабдулхаликъовас, районалъул гIолилазул нухмалъулев Сайпула Шамхаловас, районаъул бетIерасул заместитель Шамил ГIисаевас ва цогидазги. КIалъазе рахъараз бицана аварагасул гIумруялъул, рабигIул-аввал моцIалъул хиралъиялъул, гIолилазе битIараб тарбия кьезе ккеялъул хIакъалъулъ.

КIуяда мавлид

Гъуниб районалъул КIуяда росулъ, рабигIул-аввалалъул хIурматалда, тIобитIана мавлид. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имам МухIаммад ГьитIиновасги Унсоколо районалъул имам ГъазимухIаммад Абакаровасги. Тадбир нухда бачарав росдал имам МикагIил МухIаммадовас бицана аварагасул гIумруялъул хIакъалъулъ. Унсоколо районалъул имамас гьабураб вагIзаялда бицана хвалил пикраби гьариялъул букIунеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Гьединго вагIза гьабун цеве вахъана районалъул имам МухIаммад ГьитIиновги. Мажлисалъул ахиралда росдал бегавул ГIабдулжалил ГIалиевас тадбиралда гIахьаллъаразе загьир гьабуна баркалаги.

ТIанусиб мавлид

РабигIул-аввал моцIалъул хIурматалда Хунзахъ районалъул ТIанусиб тIобитIараб мавлидалда гIахьаллъи гьабуна районалъул имам МухIаммад ГIабдулхаликъовасги. Гьединго мажлисалда гIахьаллъана ГIахьалчIи росдал имам МухIаммад НурмухIаммадовги. КIалъазе рахъараз бицана аварагасул гIумруялъул ва гIисиназ чIахIиязул гьабизе кколеб адабалъул хIакъалъулъ. Гьеб тадбир тIобитIиялъе квербакъарав росдал школалъул директор Мурад ГIабдулкъадировасе баркала загьир гьабуна росдал имамас.

Рихьуниб мавлид

РабигIул-аввал моцIалъул хIурматалда Унсоколо районалъул Рихьуниб росдал школалда тIобитIана мавлид. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель НурмухIаммад МухIаммадовас, ЧIарада районалъул Магъар росдал имам ГIусман МухIаммадовас, Шамил районалъул ГIасаб росулъ бугеб мадрасаялъул директор ХIасанхIилми МухIаммадовас, росдал мадрасаялъул мугIалимзабаз, имамас ва бегавулас. ВагIзаби гьабизе рахъараз бицана аварагасул гIумруялъул ва гьесдаса мисал босун нилъги хьвадизе ккеялъул хIакъалъулъ.

Зивуриб мавлид

Шамил районалъул Зивуриб росулъ рагьана ремонт гьабун къачIараб мажгит ва футбол хIалеб майдан. Гьеб рохалилаб тадбиралъул хIурматалда тIобитIана мавлидги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер М. ХIасановас, райсобраниялъул депутатазул собраниялъул председатель М. Хизроевас, районалъул имамасул заместитель М. ГIариповас ва цогидазги. Гьебго къоялъ районалъул росабазул командабазда гьоркьоб тIобитIана футболалъул рахъалъ къецалги.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...