Аслияб гьумералде

ЖабрагIил-афандил рухIияб ирс

ЖабрагIил-афандил рухIияб ирс

ЖабрагIил-афандил рухIияб ирс

Дагъистаналъул тахшагьаралда, «Россия – дир тарих» абураб тарихияб парк-музеялда, тIобитIана «ЦIахуралдаса шайих ЖабрагIил-афандил рухIияб ирс» абураб цIаралда мажлис.

Данделъи рагьана ва нухда бачана муфтияталъул секретарь ХIасан-афанди МахIмудовас.

КIалъазе рахъараз бицана машгьурав гIалимасул гIумруялъул, гьес нахъе тараб рухIияб ирсалъул ва исламияб дин тIибитIизабиялъулъ гьес лъураб бутIаялъул хIакъалъулъ.

ДРялъул муфтиясул заместитель АхIмад МухIаммадовас, муфтиясул цIаралдасан данделъаразе саламги кьун абуна, тIаде гIолеб гIелалда лъазе букIине гIемер бицине кколин ЖабрагIил-афанди гIадал гIалимзабазул хIакъалъулъ.

Шайихасул гIумруялъул хIакъалъулъ гIатIидаб баян кьуна ДГИялъул преподаватель Мурадулла МухIаммадовас.

Гьединго мажлисалда бихьизабуна ЦIахуралдаса ЖабрагIил-афандил хIакъалъулъ бахъараб документалияб фильмги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...