Аслияб гьумералде

Диниябгун тарбияталъул мажлис

Диниябгун тарбияталъул мажлис

Диниябгун тарбияталъул мажлис

Гъуниб районалъул Шулани росулъ тIобитIана диниябгун тарбия кьеялъул ва гIолеб гIел ватIан бокьизе куцаялъул бицараб мажлис.

Гьеб тIобитIана районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIалиасхIаб МухIаммадовасул хIаракаталдалъун.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна мадугьалихъ ругел районазул имамзабазул советазул председательзабаз, муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Даниял Умаиловас, гIалимзабаз ва цогидазги.

Гьеб тIобитIиялъул аслияб мурадги букIана халкъалда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи щула гьаби.

Мажлис лъугIун хадуб тIоритIана волейбол хIаялъул, турникалда цIаялъул ва цогидалги спортивиял тайпабазул рахъалъ къецал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...