Аслияб гьумералде

Муфтияталда тIобитIана данделъи

Муфтияталда тIобитIана данделъи

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил гIахьаллъигун муфтияталда тIобитIана хIалтIухъабазулгун данделъи. Гьелъул аслияб мурадги букIана республикаялда гьабулеб хIалтIуде жеги цIикIкIун кIвар буссинаби, халкъалда гьоркьоб динияб рахъ щула гьабизе ккеялъул бицин.

Данделъиялда бицана тIаде гIолеб гIелалда гьоркьоб гьабулеб хIалтIуде жеги цIикIкIун кIвар кьезе кколеблъиялъул, имамзабаз жидерго лъай борхизаби шартI букIиналъул ва нилъер аслияб бечелъи хъизан-лъимал кколелъул, гьеб рахъги кидаго берзукь букIине тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ.

Шайих АхIмад-афандица абуна гьабулеб хIалтIулъ диниял хIаракатчагIазда бараб жо гIемер букIунелъул, щивас гIумруги хIалтIиги гьабизе кколин цогидазги мисал босуледухъ.

Аслияб мурадлъунги букIине кколин республикаялъул халкъазда гьоркьоб цолъи цIуни ва цадахъ рекъон хIалтIиялде ахIи.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...