Аслияб гьумералде

«Лъай кьеялъул сордо»

«Лъай кьеялъул сордо»

ЛъаратIа районалъул гъоркьияб участкаялъул гӀадамазе, МахӀачхъалаялъул Зайнуллагь аш-Шарифил цӀаралда бугеб мажгиталда тӀобитӀана «Лъай кьеялъул сордо».

Гьелъие нухмалъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель ШагIбан Рамазановас.

Тадбиралда хӀурматиял гьалбадерида гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул председатель ИсмагӀилов Мурад; ГӀалиасхӀаб Разакъов - муфтияталъул мугӀрузулаб округалда вугев вакил; Шамил ГӀумаров - муфтияталъул халкъазулгун бухьенал гьариялъул отделалъул нухмалъулев; ЛъаратIа районалъул бетӀер Мурад Рамазанов.

Гьениб кӀалъазе рахъараз бицана бусурбабазул цолъи букIиналда жаниб бугеб кӀваралъул, гӀун бачӀунеб гӀелалъе тарбия кьезе ккеялъул, цоцазе кумек гьабизе нилъ кидаго гIедераллъун рукIине тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ.

Гьениб тIобитIана батIи-батIиял сайгъатал щвеялъе гIоло можоро бахъиялъул тадбир ва ахIана мавлидал, гьабуна дугIа.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...