Аслияб гьумералде

ГIиракъалдаса рачIарал дандчIвана муфтигун

ГIиракъалдаса рачIарал дандчIвана муфтигун

ГIиракъалдаса рачIарал дандчIвана муфтигун

Дагъистаналде рачIине ва республикаялъул муфтигун дандчIвазе цIакъ бокьун букIана ГIабдулкъадир Жиланиясул ирсилазе, ГIиракъалдаса диниял хIаракатчагIазе. Ва, дагьал церегIан къоязда, гьезул гьеб анищ тIубана.

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе гьоболлъухъ рачIун рукIана гьел ва бицана жал цIакъ рохарал ругин тасаввуфалъул хIакъикъияв устаргун дандчIвазе рес щвеялдаса. Гьалбадерида цадахъ вукIана Волгоград областалъул муфти Бата КифахI МухIаммадги.

ГIиракъалъул су-ннитазул вакъфаялъул тIадегIанаб советалъул член, доктор МухIаммаднури Жасемица баркала загьир гьабуна муфтиясе ва бицана ГIиракъалъулги Россиялъулги лъикIал гьоркьорлъаби рукIиналдаса жал цIакъ рохарал ругин абун. ТIадеги жубана, жидее цIакъ бокьун букIанила тIарикъаталъул агьлуялъулгун лъай-хъвай гьабизеги дандчIвай тIобитIизеги.

Ахиралда, ГIиракъалъул бусурбабазе, шайих АхIмад-афандица гьабуна дугIаги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...