Аслияб гьумералде

«Инсаналъ» хIасилал гьаруна

«Инсаналъ» хIасилал гьаруна

«Инсаналъ» хIасилал гьаруна

«Инсаналъ» хIасилал гьаруна

МахIачхъалаялда, ГIурус театралъул минаялъуб тIобитIана «Инсан» фондалъ лъагIалил хIасилал гьарураб данделъи.

Гьениб бицана 2024 соналъ фондалъ гьабураб кумекалъул. Масала, 548 чиясе гьабуна, 121 153 968 гъурщиде медицинаялъулаб кумек; 92 хъизамалъе бана 40 275 182 гъурущ гIарацги харж гьабун минаби; Курск областалъул гIадамазе - 1 152 657 гъурщиде, Оренбург областалъулазе - 579 630 гъурщиде кумек.

Гуманитарияб къайи къоноялъул 30 тонна битIана Донецк республикаялъул ва Луганск халкъияб республикаялъул гIадамазе бикьизе.

Волонтёразул кумекалдалъун кванил нигIматал щвезаруна Херсон областалъул харабазе, инвалидазе ва ресукъазе.

Гьединго фондалъ кумек гьабуна палестинаялъулазе (14 197 940 гъурущ); ливаналъулазе (2 385 926 гъурущ). Гьенибе щвезабуна 20 черолеб машина, 100 газалъул печь, 1000 одеял ва 1000 къаданижо.

ГIамм гьабун босани, исана соналда жаниб къварилъиялде ккаразе фондалъ гьабун буго 215 азарго чиясе (375 000 000 гъурущ) кумек.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...