Аслияб гьумералде

Шамил районалде сапар

Шамил районалде сапар

Шамил районалде сапар

ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб районалда вугев вакил ГIали Разакъовги, гьебго округалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултан ГIабдулаевги, «Инсан» фондалъул вакил ГIумарасхIаб Комбатовги ва «Ас-Салам» казияталъул вакил Мурад ГIабдуразакъовги щвана Шамил районалде.

Гьел щвана ГIасаса ГIабдурахIман-хIажиясул цIа-ралда бугеб мадрасалде ва дандчIвана районалъул диниял хIаракатчагIигун.

Гьениб бицана гьабулеб ва гьабизе бугеб хIалтIул, дандрана цо-цо суалал. Хасго бицана гIолилазулгун хIалтIи гьабизе, тIаде гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялде кIвар буссинабизе ккеялъул хIакъалъулъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...