Аслияб гьумералде

Гъизилюрт шагьаралъул централияб мажгиталда тIобитIана республикаялъул гIалимзабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул батIи-батIиял шагьараздасагун росабалъа рачIарал аза-азар чияс. Мажлисалда кIалъазе рахъана машгьурал гIалимзаби, шаргIи

Гъизилюрт шагьаралъул централияб мажгиталда тIобитIана республикаялъул гIалимзабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул батIи-батIиял шагьараздасагун росабалъа рачIарал аза-азар чияс. Мажлисалда кIалъазе рахъана машгьурал гIалимзаби, шаргIи

Гъизилюрт шагьаралъул централияб мажгиталда тIобитIана республикаялъул гIалимзабазул мажлис.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул батIи-батIиял шагьараздасагун росабалъа рачIарал аза-азар чияс.

Мажлисалда кIалъазе рахъана машгьурал гIалимзаби, шаргIиял гIелмабазул докторзаби, шагьаразул ва росабазул имамзаби.

Гьез бицана регионалда бугеб ахIвал-хIалалъул ва Палестинаялда унеб бугеб рагъул хIакъалъулъ.

КIалъазе рахъараз киналго ахIана сабру гьабиялде, тIабигIат лъикIлъизабиялде ва питначагIаздаса цIунун чIеялде.

Мажлисалъул ахиралда гьабуна дугIаги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...