Аслияб гьумералде

25 сон ун хадуб…

25 сон ун хадуб…

25 сон ун хадуб…

1999 соналда Болъихъ ккарал лъугьа-бахъиназда рухIиял церехъабазул букIараб кIваралъул бицараб республикаялъулаб конференция тIобитIана Болъихъ росулъ. 

Халкъазда гьоркьосел хъачагъазда тIад бергьенлъи босаралдаса 25 сон иналда бан тIобитIараб гьеб данделъиялда бицана дагъистанияз Дагъистан гуребги тIолабго Россияго цIуниялъул мурадалда бихьизабураб бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ.

Конференциялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель ГIабдула Салимовас ва муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас.

Гьез бицана доб заманалда гIадатияб халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ ва хIакъикъияб исламалъулги хъачагъазул мурадазулги щибго гьоркьоблъи букIинчIолъиялъул. 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...