Аслияб гьумералде

Имамзаби щвана СВОялде

Имамзаби щвана СВОялде

Лаваша районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад ХIамзатов, УхIли росдал имам Ибрагьим Карабудагъов, ухIладерил КФХялъул председатель СагIид ГIалиев, районалъул бетIерасул кумекчи Ислам МухIаммадов, жамгIияб хIинкъи гьечIолъи чIеза-биялъул отделалъул начальник Камалудин МуртазагIалиев, УхIли росдал бегавул Шарапудин ТIайгибов ва водитель Жамалудин Ханов, гуманитарияб кумекгун, ун рукIана СВОялда ругезухъе щвезе.

Гьединаб лъикIаб иш гьабизе тIоцебе ракIалде ккарав чи вуго ухIладерил КФХялъул нухмалъулев СагIид ГIалиев. Баркала буго гьесие гьединаб лъикIаб ишалъе квербакъаралъухъ.

Гьединго баркала буго районалъул администрациялъеги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...