Аслияб гьумералде

ЦIалдохъабазулгун дандчIвай

ЦIалдохъабазулгун дандчIвай

ЦIалдохъабазулгун дандчIвай

Дагъистаналъул муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул ЦIунтIа районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад ГIабдулгIазизов дандчIвана Гьинухъ росдал школалъул лъималгун.

Гьес бицана гIадамазда ва жамгIияталда гьоркьоб букIине кколеб хьвада-чIвадиялъул, кин кIалъазе кколелали ва цIикIкIаразул гьабизе кколеб адаб-хъатиралъул хIакъалъулъ.

«Нилъеца гьабулеб каламалдасан бихьула нилъер жанисеб рухIияб дунял кинаб бугебали. Гьединлъидал хIаракат бахъизе ккола жанисеб рухIияб дунял къачIаялдаго цадахъ, гьабулеб каламги берцинаб, адаб цIунараб, гьуинаб букIинабизе», - ян абуна М. ГIабдулгIазизовас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...