Аслияб гьумералде

Теннис хIаялъул рахъалъ турнир

Теннис хIаялъул рахъалъ турнир

Теннис хIаялъул рахъалъ турнир

Хьаргаби росулъ тIоритIана наиб Идрис ракIалде щвезавиялъул хIурматалда теннис хIаялъул рахъалъ къецал. Гьел тIоритIана районалъул гIадамазда гьоркьор.

Гьединаб турнир тIобитIиялъе аслияб гIиллаги букIана гIолилал спорталде машгъул гьари ва гьезда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи цIикIкIинаби.

Чепионат тIобитIиялъе квербакъана районалъул рухIиял церехъабаз ва Хьаргаби росдал бегавул Багьавудин Идрисовасул хIаракаталдалъун районалъул гIолилазул гIуцIиялъ.

Турниралъул хIасилал гьаридал бергьана Хьаргабиса Иляс ГIабдулвагьабов, гьенисаго МухIаммад ГIабдукъаликъов, МухIаммад МухIаммадов ва Хъвартихьуниса АхIмад Сайпудинов.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...