Аслияб гьумералде

Нилъеца нилъерго лъимал цIунила

Нилъеца нилъерго лъимал цIунила

Нилъеца нилъерго лъимал цIунилаРФялъул Федералияб Собраниялде гьабураб хитIабалда улкаялъул президент Владимир Путиница бицана нилъеца чара гьечIого цIунизе кколин инсанияталда гIасрабаз рукIарал рухIиялгун хъизамалъулал тIалабалилан абун. Жиндирго хитIабалда гьес кIвар буссинабуна бакътIерхьул улкабазда рухIиябгун тарбия кьеялъулаб рахъ тIубанго чучлъизе тун букIиналде ва абуна гьелъ лъикIалде рачине гьечIин абун. «Халгьабе гьез жидерго халкъалда гьоркьоб билълъанхъизабулеб бугеб идеялде. Биххизабулеб буго хъизамалъул кIвар, культура, миллияб бичIчIибуголъи. Лъимал инжит гьари, гьезда хIал гьаби гIадатияб жолъун къабул гьабулеб буго. Диналъул церехъабаз рахъкколеб буго бихьинчияс бихьинчиясулгун ва чIужугIаданалъ чIужугIаданалъулгун ригьнал гьариялъул. Дие бокьилаан гьезда абизе: Ле, гьудулзаби, нужеда бихьуларищ хириял тIахьазда щиб хъван ва тIолалго диназ щиб абулеб бугебали. Гьел тIахьазда гурищ хъван бугеб хъизан кколин бихьинчияс чIужугIаданги ячун гьабураб ригьинилан абун», - ян. Улкаялъул нухмалъулес абуна диниял тIахьазда хъвараб хисизабизегицин гьел нахъе къалел гьечIин абун. «ХIатта Аллагьасдацин лъолеб буго гIадамасул гIакълуялъ къабул гьабулареб цIар. Щибха гьеб тайпаялда абилеб? Я, БетIергьан, мун тIаса лъугьаха гьездаса, гьезда бичIчIулеб гьечIо жидецаго гьабулеб жо», - ян абуна Владимир Путиница. Президентасул хитIабалда абухъе, нилъеца цIунизе ккола нилъерго динги, гIадаталги, гIамал-хасиятги. БитIараб тарбия кьун гIезабизе ккола тIаде гIолеб гIел. Нилъ рукIине бегьуларо иблисалда хадуб араб къавмалда релълъун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...