Аслияб гьумералде

Сергей Меликовас муфтияталъе баркала загьир гьабуна

Сергей Меликовас муфтияталъе баркала загьир гьабуна

МахIачхъалаялдаги Каспийскиялдаги гьоркьоб бакIалда балеб бугеб РухIияб централъул ракьалда республикаялъул гIадамазе ва тIаде рачIарал гьалбадерие хIухьбахъи гьабиялъе санагIатал шартIал гIуцIулел ва чIезарулел рукIиналда бан, ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас баркала загьир гьабуна муфтияталъе.

«ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб централда кIудияб ва цIакъ кIвар бугеб хIалтIи гьабулеб букIин бихьулеб буго. Гьеб кинабгоги буго халкъалъе гIоло гьабулеб иш. Гьединлъидал дие бокьун буго республикаялъул муфтияталъе баркала кьезе», – ян абуна С. Меликовас градостроительствоялъул ва аритектураялъул советалъул данделъиялда кIалъалаго.

ХIадисазул тIоцебесеб таржама

27 марталда, МахIачхъалаялда бугеб «Гьудуллъиялъул минаялъуб» тIобитIизе буго гIурус мацIалде буссинабураб «СахIихIул Бухари» абураб хIадисазул мажмугIалъул цебелъей, ай презентация.

Гьениб гIахьаллъи гьабизе буго Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афандица, Татарстаналъул муфти Камил хIазрат Самигуллиница, кIиябго республикаялдаса муфтияталъул вакилзабаз ва тIехьалда тIад хIалтIараз.

«СахIихIул Бухари» ккола бусурбабазе цIакъ кIвар бугеблъун рикIкIунеб тIехь. ХIатта Къуръаналдаса хадуб кIиабилеб бакIалда бугеблъунцин рехсола гьеб.

Амма жиде-жидер заманалда бусурбанаб диналъул гIалимзабаз, заман ва бакI бихьун, гIезегIанго къокъги гьабуна «СахIихIул Бухари». Къокъ гьабураб мажмугIалъул бищунго лъикI ккараблъун рикIкIуна XIX гIасруялда гIумру гьабун вукIарав Дагъистаналдаса гIалим ГIумар Зиявудин ад-Дагъистаница «Зубдат» абураб цIаралда гъоркь хIадур гьабураб.

ГьанжелъизегIан гIурус мацIалда гурони цIализеги хъвазеги лъаларезе гьелдаса пайда босизе рес букIинчIо. Гьанжеялдаса нахъейин абуни, бокьарав чиясул рес букIине буго гьелдаса пайда босизе ва жидерго лъай камил гьабизе.

Гьеб тIехь ккола Татарстаналъул ва Дагъистаналъул муфтиятазул цадахъаб хIалтIул хIасил. ТIехь къватIибе биччана ва басмаялде бахъана Татарстаналда.

Гьеб гуро кIиябго республикаялъул цадахъаб хIалтIул хIасилалда къватIибе бачIараб тIоцебесеб тIехь. Гьелде щвелалдего Казаналда къватIибе биччан букIана гIурус мацIалде буссинабураб «Калям Шариф. Перевод смыслов» абураб цIаралда гъоркь Къуръаналъул магIна гьабураб мажмугIги.

Исламияб культураялъул музей

Россиялъул бусурбабазул рухIияб собраниялъул нухмалъулезда ракIалда буго Москваялда исламияб культураялъул бицунеб музей рагьизе. Гьебги рагьизе буго гьабсагIаталда улкаялъул тахшагьаралда балеб буго диназда гьоркьосеб централда. Гьелъул хIакъалъулъ бицана муфти Альбир Кргановас.

«Гьадинаб кIудияб ва къиматаб Россиялда гьанжелъизегIан букIинчIо исламияб культура бихьизабулеб музей. Гьединлъидал жакъа гьеб цIакъ хIажат буго ва гьелъие нух кьуни, иншаАллагь, нижеца музейги гьабилаан», - ян абуна А. Кргановас.

Машгьурав футболистас «ИншаАллагьин» абуна

Дунялалдаго машгьурав Испаниялдаса футболист Хавил цIар рагIичIев чи къанагIатги ватиларо. «Барселона» клубалда хIалев Лионель Мессил хIакъалъулъ гьесда цIехедал, Хавица гьадин абуна: «ИншаАллагь, дир хьул буго гьев командаялда хутIилин абураб. Щайгурелъул «Барселонаялъе Мессиги, Мессие «Барселонаги» хIажат рукIун», - ян.

Бусурбабаз кидаго хIалтIизабулеб калима буго «иншаАллагь» абураб. Гьанже гьеб калам хIалтIизабула машгьурал спортсменазги, политиказги, жамгIиял хIаракатчагIазги. Масала, СШАялъул цеве вукIарав президент Дональд Трампица кьун букIараб рагIул хIакъалъулъ цIехедал, цIияв президент Джо Байденица абуна «иншаАллагь, гьес рагIи кквезе батила» абун. Машгьурав футболист Хави «Барселонаялда» вукIана полузащитниклъун. Гьанжейин абуни гьев ккола Катаралъул «Аль-Садд» клубалъул тренер.

ХIанафил мазгьабалда рекъон тIобитIана къец

Дагъистаналъул тахшагьаралда тIоцебесеб нухалда тIобитIана имам Абу ХIанифал мазгьабалда тIасан къец. Гьебги тIобитIана «НурульИзахI» абураб тIехьалъул кьучIалда. Къецалда гIахьаллъаразе тавпикъ гьарун кIалъана муфтиясул тIоцевесев заместитель ГIабдулла Аджимоллаев. Гьес абуна нужеде киназдего салам битIанин ДРялъул муфти, шайих АхIмад афандица.

Гьединго тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул централияб округалда вугев вакил ХIабибулла МухIаммадовас, ДИУялъул ректор Юсуф ГIабдулмуслимовас, Буйнакск шагьаралъул ва районалъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIиловас, конкурсалъул оргкомитеталъул председатель ГIали Арслановас, имам Абу ХIанифал цIаралда бугеб мадрасалъул директорас ва цогидазги.

Конкурс тIобитIана кIиго бутIаялдеги бикьун, гьебги – гIараб мацIалда. ТIоцебесеб бутIаялда 26 чиясда гьоркьоса финалалде ворчIана щугояв. Финалияб бутIаялдаса хадуб бергьаразе ва гIахьаллъаразе кьуна къиматал сайгъаталги.

Конкурс тIобитIиялъе хIаракатчилъи бихьизабуна Дагъистаналъул исламияб университеталъ.

НекIсияб мажгиталъ «нуцIби рагьана»

Пакистаналъул Пенжаб штаталда Ибрагьим аварагасул цIаралда бугеб некIсияб мажгит къачIаялъе кIудияб хIалтIи гьабуна Турциялъул БагIараб бащдаб моцIалъул жамгIияталъ.

ЦIидасанги къачIан гьеб рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъи гьабуна тIадехун рехсараб жамгIияталъул генералияв секретарь ХIусен Жаница, халкъазда гьоркьосел программабазул ва операциязул рахъалъ директор Альпер Улукаца, Турциялъул делегациялъул президент Ибрагьим Карлос Камилоца, NGO World фондалъул президент Зафер Икъбалица.

Ибрагьим аварагасул цIаралда бугеб гьеб мажгит бан букIана 1901 соналда. 2017 соналъ, ракь багъариялъул хIасилалда, мажгит биххун букIана.

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ДНРалъул муфти дандчIвана ДРялъул муфтигун

Донецкиялъул Халкъияб Республикаялъул муфти Рашид Брагин вачIун вукIана ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе, тIабигIияб балагьалде ккараб Дагъистаналъул халкъалъул рахъ кколеб букӀин загьир гьабизе. ДНРалда захӀматаб ахӀвал-хӀал букӀаниги, Донбассалъул диниял церехъабаз бихьизабуна хIажатаб...


АлхIамалъул хIикмат

Бокьараб как балеб мехалъ чияс щибаб ракагIаталда цIалула «ФатихIа» сура. Гьеб «ФатихIа» сура гурони цониги сура чIоларо какилъ гьеб цIализе хIалкIолев чиясе. Лъаларезе, гьанже ругьунлъулезе батIияб хIукму буго.   ГIубада ибн ас-Самитица бицана Аварагас ﷺ абунин:...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...


ГIараб мацIалда гIуцIараб тарихияб мажлис

ХIурматиял магIарулал, инкъилаб ккелалде цебе букIараб заманалде раккани, нилъее якъинлъула тIубараб Дагъистаналъулго хъвай-хъвагIай гIараб мацIалда букIараблъи. Гьелде тIаде цо дагьа-макъабго гIажамалдаги букIун буго.   Балагьеха, гьадигIан гIемер батIи-батIиял мацIал жанир ругеб Дагъистан...


МичI ва гьелъул пайда

МичI ккола некIо заманалдаго гIадамаз дару-сабаб гьабизе ва квен-тIехалъе хIалтIизабулеб букIараб пер-хер. Гьанже гьарурал цIех-рехазда лъазарун руго гьелъул витаминазул ва хIалтIизабизе бегьизабун буго батIи-батIиял сабабазе.   Ихдал кванил нигIматал дагьлъараб мехалъ, гьелъул хъархъаздасан...