Аслияб гьумералде

ГIибадатлъун жиб кколеб

ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.

 

Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи).

ДугӀаялъул хӀакъикъат загьирлъула жиндирго хIажат ва загIиплъи бичӀчӀун, гурхӀел бугев Халикъасда божилъи гьабулеб мехалъ. Гьединаб, ракӀбацӀцӀадаб хӀажалъиялъ гьабураб дугIа лъугьуна чIагояб мунажатлъун, ай лагъас Аллагьасда гьарула хIакъикъияб гара-чIвари. ДугIаялъул къасд буго ТIадегIанав Аллагьасда жиндирго хIажат бихьизаби, гьарараб жо щвей гуро мурадлъун кколеб.

Дур гьариялъул жаваб кватӀани, лъазе ккола: дур гьари рагӀараблъи. Ахир-къадги жибго дугӀа гӀибадатлъун ккола. Цо ритӀухъав чияс абуна: «ДугӀа гьабизе ихтияралдаса махӀрумлъи дие захIмалъула, жаваб щвечӀого хутӀиялдаса», - ян. Щайгурелъул, жибго дугӀа гьаби ккола гӀибадат, гьелдалъун нилъеца бихьизабула дунял бижарав Аллагьасде ﷻ нилъер хӀажалъи. Нилъеца баркала кьезе ккола ТӀадегӀанав Аллагьасда ﷻ гьаризе рес Гьес кьолеб букӀиналъухъ. Аллагьасе ﷻ бокьула гӀадамаз Жиндие дугӀа гьабулеб мехалъ, хасго гьеб дугIаялда жаниб лагъас жиндирго загIиплъи ва хIажат бихьизабуни. Аллагьас ﷻ къуват кьечIони инсанасухъа щибго бажаруларо. ГьитIинабго балагь бачIиндалцин бичIчIула инсанасда жиндирго загIиплъи. Гьединаллъунги рукIаго нилъ сундаса чIухIулел ва бетIерги борхун дунялалда тIад щай хьвадулел? Жив Аллагьасул ﷻ загIипав лагъ вукIин якъинго бичIчIарав чи гьедин хьвадуларо. ХIисаб гьабе, цере рукIарал ва дунял кодобе босарал гIадамал кире арал? Гьезул заман ана ва гьелги кIочон тана, цохIо ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ гурони цIар хутIуларо. Гьединав Къудратав Аллагьасе ﷻ, нилъее ресал чIезарулесе, гIибадатги дугIабиги гьаризе ва Гьесие бокьухъе хьвадизеги ккела.

ДугӀа къабуллъизе ккани хӀалалаб (бацӀцӀадаб) квен кваназе ккола. Цо гӀалимчияс абуна: «ДугӀа гьабулев чияс кванай хӀалалаб квен, гурони хӀарамаб квеналъ гьеб (дугIа) нахъчӀвала», - ян. ДугIаги гьабизе ккола кидаго, ракIалде щвараб мехалда гуреб.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...