Аслияб гьумералде

«Полоса препятствий» турнир

«Полоса препятствий» турнир

МахIачхъала шагьаралъул пляжалда тIобитIана ЧIарада районалъул гIолилазда гьоркьоб «Полоса препятствий» абураб турнир.

Къец тIобитIана районалъул машгьурал спортсменазул: кикбоксингалъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб классалъул мастер ХIабиб ХIажиевасул, эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб классалъул мастер ХIайбулла Шааловасул, эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб классалъул мастер ГIумарасхIаб Нажмудиновасул призазе гIоло.

Турниралда гIахьаллъана ункъ-ункъ чи вугеб анцIго команда. ЗахIматал масъалабиги тIуразарун гIахьалчагIаз бихьизабуна бергьенлъиялде бугеб жигар ва командаялъулаб рухI. ХIалуцараб къецалдаса хадуб призал рикьана гьадин: тIоцебесеб бакI щвана Гьачада росдал командаялъе, кIиабилеб бакI – гьочосезе ва лъабабилеб бакI - мугурухъисезе.

Бергьаразе кьуна грамотаби, медалал ва гIарцулал сайгъатал.

Тахшагьаралъул администрациялъул спорталъул, туризмалъул ва гIолилазул ишазул управлениялъ гьединго баркала кьуна ЧIарада районалъул имамзабазул советалъул вакил Ибрагьимов Мурадие ва «ЧIарада районалъул гIолилазул» советалъул председатель ИсмагIил ИсмагIиловасе.

Къец лъугIун хадуб киналго гIахьалчагIи «Инсан» фондалъ кваназеги гьаруна.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...