Аслияб гьумералде

ХIабши росулъ мажлис

ХIабши росулъ мажлис

Дагьал церегIан къоязда ХIабши росулъ, мухIаррам моцI кIодо гьабун, тIобитIана мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна гIемерав чияс. Росдал имам Багьавудин-хIажияс гьабуна гъваридаб магIнаялъул вагIза ва абуна цIияб сон баракатаб батагийилан. Бачана зикру ва ахIана мавлидал.

Гьединго мажлисалда гIахьаллъи гьабуна районалъул имам Шамил ГIусмановасги. Гьесги гьабуна вагIза-насихIат ва гIолохъабазде хитIаб гьабун абуна: «ГIолохъанчияс абула чIужу ячиндал дин гьабизе бугин мухIкангойилан. Кин гьеб гьабулеб? Жиндирго напс къезабизе кIолареб мехалъ, чIужу ячиндал, лъимер гьабидал лъабго напс кин къезабизе кIвезе бугеб? Гьединлъидал, гIолохъанго рукIаго дин лъазабе», - ян абуна гьес.

Аллагьас ﷻ къабул гьабеги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...