Аслияб гьумералде

Цоцазул хIурмат гьабизе ккола

Цоцазул хIурмат гьабизе ккола

Цоцазул хIурмат гьабизе ккола

Щиб миллаталъул ва кинаб улкаялда гIумру гьабун вугониги, ритIухълъиялъе гIоло къеркьолев ва ракIбацIцIадав инсанасул хIурмат гьабула Дагъистаналъул муфтияталъ.

Гьедин бицана ДРялъул бетIер Сергей Меликовасулгун букIараб дандчIваялда муфтиясул заместитель АхIмад МухIаммадовас.

«Дагъистаналъул муфтияталъ рахъ кколаро, кинаб бугониги иш тIубаялъул мурадалда тIоритIулел митингазул. Гьелъул хIакъалъулъ чанго нухалда лъазабуна муфти, шайих АхIмад-афандиясги. Муфтияталъ рахъ ккола улкаялъул киналго гIадамал цолъиялъул, миллаталъухъ ва диналъухъ балагьичIого, рикьалаби гьаричIого цоцазул адаб гьабиялъул.

Нилъер киназулго рахIатхвезабун буго Палестинаялда лъугьа-бахъунелъ, аза-азар дагъистанияс гьезие кумекалъе «Инсан» фондалде гурхIел-рахIмуялъулаб кумекги щвезабуна. Щибаб какда хадуб дугIаги гьабула дунялалдаго рекъел цIуниялъул мурадгун. Амма ниж дандечIарал руго цо лъица бугониги цо лъида бугониги зулму гьабиялде. Жакъа ГIизраилалъ гьабулеб вахIшилъиялда тIад рекъолев чиги ватиларо», - ян бицана муфтиясул заместитель А. МухIаммадовас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...