Аслияб гьумералде

Динияб туризмалъул бицана

Динияб туризмалъул бицана

31 марталда ДРялъул муфти, шайих Ахмад афанди дандчIвана Узбекистаналъул делегациягун.

Нилъер республикаялде рачIарал Узбекистаналдаса гьалбадерил къокъаялъе нухмалъи гьабуна Узбекистаналъул туризм цебетIезабиялъул рахъалъ пачалихъияб комитеталъул председатель Уткир СагIидовас. Гьеб дандчIваялъул аслияб мурадги букIана кIиябго республикаялда гьоркьоб динияб туризм цебетIезаби.

Гьеб ишалъ квербакъи гьабизе буго цоцазул тарих лъазабиялъе гуребги, машгьурал бакIазде ва зияратазде щвезеги. Гьединго дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул ишал тIуралев Энрик Муслимовасги.

Муфтиясул кумекчи ва цIияв министр

ДРялъул муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаев дандчIвана гьанже нахъа спорталъул ва физическияб культураялъул министрлъун тарав Сажид Сажидовгун.

И. Асадулаевас баркана цIияв министрасда хъулухъ ва гьарана гьесие лъикIабщинаб. Гьелдаса хадуб гьез дандрана министерствоялъги Динияб идараялъги цадахъ лъугьун гьаризе бегьулел хIалтIабазул суалал.

Спорталъул министрас баркала загьир гьабуна гьединаб хIаракаталъухъ ва абуна цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе хIадур ругин.

Муфтияталъул председатель дандчIвана «ВатIаналъул» коллективгун

Дагъистаналъул муф- Сергей Меликов ва Альбир Крганов тияталъул председатель Шамил ГIалиханов щвана «ВатIан» радиостанциялде ва дандчIвана гьелъул коллективгун.

«Нилъер аслияб мурад буго гIадамазе пайда гьаби ва пайдаяллъун рукIин. Гьеб рахъалъ нужеца гьабулеб буго цIакъго кIудияб хIалтIиги.

Жакъа гьадинаб рес бугеб заманалда нилъеца гьабулеб хIалтIуде жеги цIикIкIун кIвар кьезе ккола ва цIи-цIиял проектал гIумруялде рахъинариялда тIад ургъизеги тIадаб буго нилъеда», - ян бицана муфтияталъул председателас.

Гьелдаса хадуб радиостанциялъул нухмалъиялъ Ш. ГIалихановасда бихьизабуна жалго хIалтIулеб къагIидаги хIалтIи гIуцIун бугеб куцги.

«СахIихIул бухариялъул» цебелъей

МахIачхъалаялда, «Гьудуллъиялъул минаялъуб» тIобитIана гIурус мацIалде буссинабураб «СахIихIул Бухари» тIехьалъул цебелъей.

Гьеб тIехьалда тIад хIалтIана Татарстаналъул ва Дагъистаналъул муфтиятазул вакилзаби. ТIехьалъе рецензия хъвана Дагъистаналъул гIалимзабаз, тIехь къватIибе биччана Татарстаналда.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад афандица, татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигуллиница ва цогидазги.

«СахIихIул Бухари» ккола Къуръаналда хадусеб бакI кколеб тIехь. Гьелъул бищун камилаб, ай къокъ гьабун бахъараб тIехьги букIана «Зубдат» абураб цIаралда гъоркь, XIX гIасруялда гIумру гьабун вукIарав ГIумар Зиявудин адДагъистаниясул.

Эрдогание Къуръан сайгъат гьабуна

Турциялъул «РитIухълъи ва цебетIей» абураб партиялъул Стамбулалда тIобитIараб бакIалъулаб отделениялъул данделъиялда Турциялъул президент Ражаб ТIайип Эрдогание сайгъаталъе кьуна гIадатияб гуреб, ай цIулал гьабураб Къуръан. Гьеб гьабурав чи ккола 79 сон барав худуожник Мунир Эрбёрю.

Къуръан гIуцIун буго 30 томалдаса. Щибаб томалъул биццалъи буго 4,5 см. Къуръан гьабун буго махигъотIол цIулал ва мужалатал руго тIомол гьарурал. Гьедин гьабураб Къуръанги тIокIаб кибго гьечIо.

«ТIанчал гьарун руго махигъотIол гьарурал хъарщазул ва щибалъул биццалъиги буго 3 мм. Гьединаб гъветI Турциялда бижуларо. МахигъутIби рижула Россиялда ва цо-цо цогидалги улкабазда. Гьениса бачIинабуна цIулги», - ян бицана Мунир Эрбёрюца.

Сергей Меликов ва Альбир Крганов

МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас ва Россиялъул бусурбабазул Динияб собраниялъул председатель Альбир Кргановас.

«Дун дандчIвана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралевгун ва бицана регионалде гьабураб сапаралъулги республикаялъул муфтиясулгун букIараб дандчIваялъулги хIакъалъулъ.

Дица лъикIаблъун бихьизабуна КIудияб ВатIанияб рагъда хварал бусурбабазул хIурматалда Каспийск шагьаралда мемориалияб памятник бани лъикI букIинаанин абун.

Гьелъул рахъ куна С. Меликовасги», - ян хъвалеб буго Истаграммалда бугеб жиндирго гьумералда А. Кргановас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...