Аслияб гьумералде

Хасавюрталда тIобитIана гIолилазул форум

Хасавюрталда тIобитIана гIолилазул форум

Хасавюрталда тIобитIана гIолилазул форум

Хасавюрталда бугеб Россиялъул халкъазул культураялъул централда тIобитIана, ДРялъул муфтияталъул хIаракаталдалъун, гIолилазул форум.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хасавюрт шагьаралъул ва районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад Ал-Аргъванияс, ДРялъул муфтияталда цебе бугеб дармилгун экономикиял суалазул рахъалъ экспертнияб советалъул вакил Шамил Нуцаловас, гIолилазулгун хIалтIи гьабулев муфтияталъул куратор МухIаммад Мукъошдибировас, рехсараб районалъул депутатазул собраниялъул председатель МухIаммад Лабазановас, муфтияталъул гIолилазул отделалъул нухмалъулев МухIаммад Муслимовас, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председателасул заместитель Руслан Ибрагьимовас ва цогидазги.

Гьединго форумалда гIахьаллъи гьабуна шагьаралъул ва районалъул гIолилазул вакилзабаз, имамзабаз, нухмалъулез, росабазул депутатаз.

КIалъазе рахъарал диниял хIаракатчагIаз бицана исламалда вацлъи щула гьабиялъул бугеб кIваралъул, финансазул суалал тIуралелъул цIунизе кколел тIалабазул, жамгIияталда гIолилаз кколеб бакIалъул ва гьезул бугеб кIваралъул.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...