Аслияб гьумералде

Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Муфтиясухъ гьоболлъухъ  

Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Муфтиясухъ   гьоболлъухъ  

Халкъазда гьоркьосеб форумалда гIахьаллъи гьабизе Дагъистаналде рачIун рукIарал цо-цо къватIисел улкабаздаса гьалбал щвана ДРялъул муфтиясухъе гьоболлъухъ.

Гьезда гьоркьов вукIана бусурбабазул жамгIияталъул тIолгодунялалъулго советалъул генералияв секретарь, Иорданиялъул диниял ишазул рахъалъ министр, Кувейталъул диниял ишазул рахъалъ министрасул заместитель ва цогидалги.

Муфтиясухъе рачIарал гьез бицана жакъа дунялалда бусурбабазул бугеб ахIвал-хIалалъул, церечIарал масъалабазул ва жиде-жидер улкаялда исламалъ кколеб бакIалъул.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...