Аслияб гьумералде

ГIолохъанал гIалимзаби ва хIафизал

ГIолохъанал гIалимзаби ва хIафизал

Хасавюрт шагьаралда тIобитIана, СагIидбег Даитов ракIалде щвезавиялъул хIурматалда, гIолохъанал гIалимзабазда ва хIафизазда гьоркьоб ТIолгороссиялъулаб къец.

Исана къоабилеб нухалда тIобитIулеб бугеб гьелда гIахьаллъи гьабуна Северияб Кавказалъул республикабаздаса гуребги улкаялъул цогидал регионаздасаги гIахьалчагIаз.

Конкурс тIобитIана «исламиял гIелмаби», «рекIехъе Къуръан цIали», «битIун как бай» абурал номинациязда рекъон.

Бергьаразе ва гIахьаллъаразе кьуна къиматал сайгъатал. Аслияб сайгъатин абуни букIана автомобиль.

«Исламиял гIелмаби» ва «Къуръан рекIехъе цIали» номинациязда бергьана Дагъистаналъул исламияб университеталъул студентал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....