Аслияб гьумералде

Столалда теннис хIай

Столалда теннис хIай

КIалбиччанкъоялъул хIур-маталда ЛъаратIа росулъ тIобитIана столалда теннис хIаялъул рахъалъ къецал. Щибаб санайилго гIадин тIобитIулеб гьеб къецалъе спонсорлъи гьабуна «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъ ва ЛъаратIа росдал бегавулас.

Гьединго турниралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель ШагIбан-хIажи Рамазановас ва гьес гьабуна данделъаразе вагIза-насихIатги.

ТIаде рачIарал гьалбадерида гьоркьов вукIана Дагъистаналъул БахIарчи, СВОялъул гIахьалчи ГIалиев ШагIбан.

Турниралъул хIасилалда школлъималазда гьоркьор бергьана МухIаммадшапиев МухIаммад, Нуридинов Шамил ва Залкепов СагIид.

ЧIахIиязда гьоркьоб: МухIа-ммадов ИсмагIил, МухIаммадов ГIабдула ва ГIабдулхаликъов СагIид. 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...