Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ асарал - Татарстаналда

Аварагасул ﷺ асарал - Татарстаналда

Аварагасул ﷺ асарал - Татарстаналда

Дагъистаналда цIунун ругел аварагасул ﷺ цо-цо асарал, дагьал церегIан къоязда рачIана Татарстаналде.

Казаналда бугеб «Памятный знак» абураб комплексалда, 20-23 маялъул къояз гьел рихьизе рес букIана гьеб республикаялда гIумру гьабун ругезул.

Казаналъул аэропорталде асаразда дандчIвай гьабизе рачIун рукIана власталъул вакилзаби, жамгIиял ва диниял хIаракатчагIи, журналистал.

Церелъун рукIана МухIаммад аварагасул ﷺ, гьесул ﷺ асхIабзабазул, КагIба-рукъалъул ва аварагасул ﷺ Равзаялдаса цо-цо тIагIелал.

ДРялъул муфтияталъ баркала загьир гьабуна Татарстаналъул Раис Рустаму Миннихановасе асаразда дандчIвай гьабиялъе ва гьел къабул гьариялъе рехсараб республикаялъ лъураб бутIаялъухъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...