Аслияб гьумералде

ЦӀалдохъабазул бергьенлъи

ЦӀалдохъабазул бергьенлъи

Дагъистан Республикаялъул Лъай кьеялъул ва гӀелмуялъул министерствоялъ гӀуцӀараб «Пифагор» абураб республикаялъул 13-абилеб математикалъулаб олимпиадаялда бергьенлъи босана Юсуповасул цӀаралда бугеб школалъул цӀалдохъабаз.

Олимпиадаялда бергьенлъи босана: ХI. Амировалъ (6 «Б» кл.), П. Нуруллаевалъ (6 «Б» кл.) ва Ш. Жаватхановалъ (5 «А» кл.).

Ясаз бихьизабуна математикаялъул лъаялъул тӀадегӀанаб даража, пикру гьабиялъе бугеб махщел, мухӀканал гӀелмабаздехун унго-унгояб гъира букIин.

Школалъул нухмалъиялъ ва мугӀалимзабазул коллективалъ ракӀ-ракӀалъ баркула бергьаразда мустахӀикъаб бергьенлъи ва гьарула жеги гъваридаб лъай, цӀалулъ ва олимпиадабазда цебетӀей.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...