Аслияб гьумералде

Болъихъ волейбол хIана

Болъихъ волейбол хIана

Щибаб санайил Болъихъ росулъ тIоритIула муфтияталъул мугIурузулаб округалда ругел диниял хIаракатчагIазда гьоркьоб волейбол хIаялъул рахъалъ къецал.

Исанасеб турнир рагьиялъулаб тадбиралда гIахьаллъана муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъов, районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIумар ГIалиев, райадминистрациялъул бетIерасул заместитель МуртазагIали НурмухIаммадов ва цогидалги.

КIалъазе рахъараз киназего гьарана икъбал ва бицана вацлъи щула гьабиялъул мурадалда тIоритIулел къецаз пайда кьолеблъиялъул хIакъалъулъ.

Турниралда гIахьаллъи гьабуна 12 командаялъ ва тIоцебесеб бакI ккуна Гъуниб районалъ. КIиабилеб бакI щвана Унсоколо районалъул командаялъе ва лъабабилебгун ункъабилеб бакIазде рачIана Хунзахъгун ЧIарада районазул командаби.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...