Аслияб гьумералде

Тарбия кьеялъулаб тадбир

Тарбия кьеялъулаб тадбир

МахӀачхъалаялъул «Аллея» курорталъулаб гостиницаялъул данделъабазул залалда тӀобитӀана руччабазул рухӀиябгун тарбия кьеялъулаб тадбир. Гьеб гӀуцӀун букӀана ДРялъул муфтияталъул руччабазул лъай кьеялъул управлениялъ.

ГӀахьалчагӀазе гIуцIун букӀана бечедаб программа, бицана руччабазул гӀумруялда кколел цо-цо лъугьа-бахъиназул хӀакъалъулъ. Гьединго бихьизабуна МухӀаммад аварагасул ﷺ гӀумруялдаса лъай ва тарбия кьеялъулаб сценка, викторина. Бергьаразе кьуна сайгъаталги.

Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана муфтияталъул централияб округалда вугев вакил Майранов МухӀаммад ва гьесги бицана жамгӀияталъул рухӀиябгун моралияб кьучӀ щула гьабиялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...