Аслияб гьумералде

ТIабигIат берцин гьабиялъул меседилал ихтиярал

ТIабигIат берцин гьабиялъул меседилал ихтиярал

ТIабигIат берцин гьабиялъул меседилал ихтиярал

Дагъистаналъул школазда тIобитIулеб буго «Золотые правила нравственности» абураб тIаса рищиялъулаб къецалъул тIоцебесеб бутIа.

Педагогазул рагIабазда рекъон, гьеб къецалъ школлъималазулъ куцала лъикIабщинаб ва гьел ахIула берцинаб тIабигIат-гIамал кквеялде.

Къецалда гIахьаллъи гьабизе ихтияр буго жидерго лъай-гIакълу бихьизабизе бокьарав цIалдохъанасул.

ТIоцебесеб бутIаялъул хIасилал гьаридал, тIаса вищизе вуго щугояв ва гьез гIахьаллъи гьабизе буго къецалъул кIиабилеб бутIаялда.

Аслияб куцалда къец тIобитIулеб буго ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандил «Благонравие праведников» абураб тIехьалдаса суалалги кьун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...