Аслияб гьумералде

Беларусазул муфтигун дандчӀвана

Беларусазул муфтигун дандчӀвана

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчIвана Беларусь республикаялъул муфти Абу-Бекир Шабановичгун. РухӀиял церехъабаз кӀвар буссинабуна лъай кьеялъул иш цебетӀезабиялде ва муфтиятазда гьоркьоб цадахъ рекъон хӀалтӀи щула гьабиялде. Гьединго къотӀи-къай гьабуна цадахъал программаби гӀумруялде рахъинаризе, хасго кӀвар кьезе кколин абуна гӀолилазе патриотикияб тарбия кьеялде.

Абу-Бекир Шабановичас кӀвар буссинабуна 2021 соналда рухӀаниязда гьоркьоб гъулбасараб цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул къотӀи-къаялъул хасаб кӀвар букIиналде, гьединго, Белоруссиялъул муфтияс баркала загьир гьабуна шайих АхӀмад-афандие гьес гьоркьоса къотӀичӀого гьабулеб квербакъиялъухъ, гьездаго гьоркьоб республикаялде тӀадегӀанаб махщел бугел Дагъистаналъул теологал ритӀиялъухъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...