Аслияб гьумералде

Къецалъул хIасилал гьаруна

Къецалъул хIасилал гьаруна

«Религия сегодня: Важные темы» абураб тIехьалда тIасан Казбек районалда, 7-11-абилел классазул лъималазда гьоркьоб, лъазабун букIана къец. Гьелъул хIасилал гьарураб тадбир тIобитIана Ленинаул росдал школалда.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмадрасул Качалаевас, районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад Батилмирзаевас, росдал бегавул Гъаирсултан Есенбаевас, росдал имам Ражаб ГIабдулгIазизовас ва гIемерал цогидазги.

Къецалдайин абуни гIахьаллъи гьабуна 450-гIанасев цIалдохъанас ва гьез бихьизабуна динияб рахъалъ жидерго бугеб лъай.

КIалъазе рахъараз гьаруна вагIзаби, лъималазе ва гьел хIадур гьаруразе кьуна баркала. Гьединго, баркала кьун лъикIаб кIалъай гьабуна Ленинаул росдал школалъул директорасги.

ПалхIасил, бергьаразе кьуна шапакъаталги. Масала, тIоцебесеб бакI ккурасе iPhone 17 Pro Max, кIиабилеб бакIалъухъ - ноутбук, ва 3-6 бакIазухъ - планшетал.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...