Аслияб гьумералде

«Кавказалъул рагъул бахӀарчияб эпос – АхӀулгохI»

«Кавказалъул рагъул бахӀарчияб эпос – АхӀулгохI»

Дагъистаналъул гуманитарияб институталда тӀобитӀана Кавказалъул рагъул аслиял лъугьа-бахъиназул цояблъун кколеб АхӀулгохIалъул рагъул хӀакъалъулъ бицараб данделъи. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана экспертал, тарих бокьулел, студентал.

Данделъи нухда бачана ДГИялда цебе бугеб «Тарихалъул каваби» абураб тарихияб централъул директор Мурадула Дадаевас.

Гьениб бицана гьеб рагъ ккеялъе гӀиллабазул, рагъул заманалда кӀиябго рахъалъ хӀалтӀизабулеб букIараб стратегиялъулгун тактикаялъул.

Гьединал тадбираз куцала патриотизм ва малъула батӀи-батӀиял халкъазул тарихалъулгун маданияб ирсалъул адаб гьабизе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...