Аслияб гьумералде

«Инсаналъ» рукъ сайгъат гьабуна

«Инсаналъ» рукъ сайгъат гьабуна

Жидер къайимлъиялда йикIарай Альбина ХIажиевалъе ва гьелъул хъизамалъе МахIачхъалаялда лъабго рукъалъул квартира сайгъат гьабуна «Инсан» фондалъ. Гьединаб сайгъат гьабуна цIар рехсезе бокьичIев цо пуланав сахаватчияс.

Рукъалъул кIулал кьолеб мехалда, бадиб магIуги ххулун, Альбинаца абуна: «Дихъе малаик вачIараб хIисаб лъугьана», - ян.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаевас ва филиалал церетIезариялъул отделалъул нухмалъулев Мурад МухIаммадовас.

«Аллагьас гьадинал лахIзатал щивасул гIумруялъулъ гIемер-лъаги ва хьул буго фондалъул къайимлъиялда ругезе хадубккунги кIвараб кумек гьабизе БетIергьанас къуват кьезе батилин», - ян абун бицана М. Мусаевас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...