Аслияб гьумералде

ХIажизабазул нухмалъулезе - аттестация

ХIажизабазул нухмалъулезе - аттестация

МахIачхъалаялда бугеб «Россия - моя история» абураб тарихияб паркалда тIобитIана хIежалде унезе нухмалъи гьабизе таразул аттестация гьаби.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна 400-гIан чияс: гIалимзабаз, исламиял тIадегIанал цIалул идараби лъугIараз ва диниял хIаракатчагIаз.

ХIежалде унезул къокъабазе нухмалъи гьабулезул лъаялъул рахъалъ экзамен къабул гьабиялъул тадбир тIобитIана республикаялъул муфтияталъгун «Марва-Тур» компаниялъ.

Экзамен кьолез сагIатгун бащдаб заманалда жаниб жаваб кьезе кколаан 20 суалалъе. Гьелъул хIасилалда хIажизабазе нухмалъи гьабиялъул иш тIубазе тасдикъ гьавуна 250 чи.

Исана Дагъистаналдаса Хирияб ракьалде хIеж борхизе ине вуго 10 азаргогIанасев чи.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...