Аслияб гьумералде

ЦIунтIа районалда тIобитIана гIолилазул форум

ЦIунтIа районалда тIобитIана гIолилазул форум

ЦIунтIа районалда тIобитIана гIолилазул форум

ЦIунтIа районалъул ХIибялъ росдал ракьалда тIобитIана районалъул гIолилазул форум.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна муниципалитеталъул бетIерасул заместитель ГIабдулкарим Мусаевас, районалъул имамзабазул советалъул председатель Халидшагь МухIаммадовас, муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас ва цогидазги.

Тадбиралъул заманалда тIоритIана сорталъул рахъалъ батIи-батIиял къецалги. 

Гьениб кIалъазе рахъараз бицана районалда гьабулеб бугеб хIалтIул, тIаде гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьезе кколеблъиялъул ва киналго ахIана гьудуллъи-вацлъиялда, ватIаналде унго-унгояб рокьигун гIумру гьабизеги.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...