Аслияб гьумералде

Дагъистанияз мисал бихьизабизе ккола

Дагъистанияз мисал бихьизабизе ккола

Дагъистаналъул муфтияталда тIобитIана Приволжскиялъул федералияб округалда ругел муфтияталъул вакилзабазулгун ва гьезул умумузулгун дандчIвай.

Тадбир нухда бачана муфтиясул заместитель ГIабдулла Салимовас. Гьес бицана улкаялъул регионазда ругел муфтияталъул вакилзабаз гIемераб хIалтIи гьабулеб букIиналъул ва киназего кьуна ракI-ракIалъулаб баркала.

«Нилъер аслияб иш буго, батIи-батIиял гIиллабазда бан, цогидал регионазда гIумру гьабизе ккарал дагъистаниязул хьвада-чIвади мисалияб куцалда букIин ва щивав чи жиндирго тIабигIат берцин гьабиялда тIад хIалтIизе ругьун гьави», - ян абуна ДРялъул муфтиясул заместителас.

Тадбиралъул ахиралда Приволжскиялъул федералияб округалда ругел муфтияталъул вакилзабазе ва гьезул эбел-инсуе кьуна Баркалаялъул кагътал ва ракIалдещвеялъулал сайгъатал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...