Аслияб гьумералде

Тахшагьаралда – мавлид

Тахшагьаралда – мавлид

Тахшагьаралда – мавлид

МахIачхъала шагьаралъул централияб мажгиталда, 18 октябралда, рабигIул аввал моцIалъул хIурматалда тIобитIана республикаялъулаб мавлид. Гьеб къоялъ мажгиталда данделъун рукIана тахшагьаралъулал гурелги, Дагъистаналъул батIи-батIиял шагьараздасангун росабалъа рачIарал гьалбалги. Авараг гьавураб къо кIодо гьабизе данделъаразда гьоркьор рукIана гIалимзаби, имамзаби, диниялгун жамгIиял хIаракатчагIи, спортсменал ва цогидалги.

Гьединго мажлис берцин гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмадафандил гIахьаллъиялъги. Мажлис рагьана хирияб Къуръан цIалиялдалъун. Хадуб саламалъулаб кIалъай гьабуна муфтиясул заместитель ГIабдулла Салимовас. Данделъиялда цIалана мавлид, бицана хирияв аварагасул гIумруялъул, гьесул r букIараб тIабигIаталъул ва вагIза-насихIатгун цере рахъараз, тадбиралъул гIахьалчагIи гурелги, тIолалго дагъистаниялго ахIана гьесдаса мисал босун хьвадизе. Гьединго батIи-батIиял мацIазда ахIана нашидалги.

Мажлисалъул гIахьалчагIазда гьеб хирияб къо баркана ва лъикIабщинаб гьарана муфти, шайих АхIмад-афандицаги. Гьес бицана щивав чияс тIабигIат берцин гьабиялде кIвар кьезе ккеялъул, гIун бачIунеб гIелалъе битIараб тарбия кьезе кколеблъиялъул, руччабаздехун лъикIаб бербалагьи гьабизе тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ. Гьединго муфтияс тIадчIей гьабуна цадахъ рекъон гIумру тIамизе ккеялда ва цоцазе гьабулеб кумекалда барахщизе бегьулареблъиялда. Мавлид лъугIизабуна цадахъаб жамагIат-какалдалъун ва дугIаялдалъун. Ахиралда щивав чиясе, Сулейман Керимовасул рахъалдасан, кьуна сайгъаталги.

Лъимал жалго тезе бегьуларо

ДРялъул муфтиясул тIоцевесев заместитель ГIабдулла Аджимоллаев щвана МахIачхъала шагьаралъул № 51 лицеялде. Гьес гIахьаллъи гьабуна гьеб цIалул идараялда ккараб пашманаб лъугьа-бахъиналда бан тIобитIараб тадбиралда. Дагъистаналъул муфтиясул цIаралдасан киназего саламги кьун, динияв цевехъанас бицана лъималазе тарбия кьезе кколеб къагIидаялъул хIакъалъулъ. Гьединго умумул ахIана гьезда хадуб кидагосеб хъаравуллъи букIинабиялде. «Гурони, ай лъимал къватIаз куцайин абуни тани, гьединал пашманал лъугьа-бахъинал ккеялдаса нилъ цIунараллъун рукIине гьечIо», - ян абуна Аджимоллаевас.

Анлъго лъимадуе кумек щвана

«Бег ради жизни» абураб цIаралда гъоркь Дагъистаналъул тахшагьаралда тIобитIана рекериялъул рахъалъ къец. Къецин абуни мекъиги букIина, щайгурелъул гьеб букIиндал гурхIел-рахIмуялъул мурадалда тIобитIараб ва киналго гIахьалчагIазе бергьенлъи щвараб тадбир. Гьелда гIахьаллъиги гьабуна 1500-гIан чияс. Рекеризе байбихьана Елена Исинбаевалъул цIаралда бугеб стадионалдасан.

Гьелъул гIахьалчагIазул рахъкквезе гьениве вачIун вукIана ДРялъул спорталъул министр Сажид Сажидов, гIолилазул ишазул министр Камил СагIидов, Олимпиязул хIаязул чемпион ГIабдулрашид Садулаев, МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул спорталъул, туризмалъул ва гIолилазул ишазул комитеталъул председатель Марат Ибрагьимов ва цогидалги. Рекеризе байбихьилалде физзарядка гьабуна эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпион КъурамухIаммад КъурамухIаммадовасул нухмалъиялда гъоркь. ГIахьалчагIи рекерана Ирчи Хъазахъил ва Дахадаевасул къотIносан, аслияб майданалде щвезегIан.

Гьеб тадбиралъул хIасилалда бакIаризе кIвараб 721 300 гъурущ, «Инсан» фондалъ кьуна жиндирго къайимлъиялда ругезда гьоркьоса цIакъго хIажат ккун рукIарал анлъгоязе. «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммадрасул АхIмедовасул рагIабазда рекъон, гьеб рекериялда гIахьаллъи гьабун буго, гьединго, Краснодаралдаса, Москваялдаса ва цогидалги шагьараздаса гIадамазги. «Бег ради жизни» абураб ахIиялда гъоркь тIобитIараб тадбир ккола тIоцебесеблъун. Гьелъул аслияб мурадги буго захIматго унтарал лъималазе кумек гьаби.

Муфти дандчIвана Кргановгун

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Россиялъул бусурбабазул рухIияб собраниялъул цевехъан, муфти АльбирхIазрат Кргановгун. Данделъи тIобитIана Москваялъул муфтияталъул резиденциялда. Гьез бицана цадахъ рекъон гьаризе бегьулел ишазул, гIолилазе тарбия кьеялъул мурадалда гьаризе кколел хIалтIабазул, диназул вакилзабазда гьоркьоб рагIи дандеккей букIинабиялъе хIаракат бахъизе тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ. Альбир-хIазрат Кргановас шайих АхIмад-афандида бицана ДСМРялъ гьабулеб хIаракаталъул, гьелъул регионалиял гIуцIабазул ва тIаде росун ругел социалиял проектазул хIакъалъулъ.

Бищун лъикIав студент

«Россия – моя история» абураб тарихияб паркалда хIасилал гьаруна динияб лъай кьолел идарабазул студентазда гьоркьоб тIобитIараб къецалъул. Гьениб студентазда лъазе кколаан терроризмалде данде къеркьеялъул рахъалъ РФялъул законал ва гьелъул къагIидаби. Финалалде рорчIараз жавабал кьезе кколаан 100 суалалъе. Гьелгиха РФялъул законодательствоялда хурхарал. Жюриялъул пикруялда рекъон, студентаз бихьизабуна лъикIаб лъай ва улкаялъул законал лъалел рукIин. ХIасил гьабидал тIоцебесеб бакI щвана Дагъистаналъул исламияб университеталъул студент Рамазан Дадаевасе.

КIиабилел бакIазе мустахIикълъана шайих МухIаммад-гIарифил цIаралда бугеб мадрасалъул мутагIил Расул МухIаммадов ва шайих ГIабдурахIман-хIажил цIаралда бугеб мадрасалъул мутагIил МухIаммад МухIаммадов (Шамил район). Лъабабилел бакIал щвана Шамил имамасул цIаралда бугеб мадрасалъул (Унсоколо) мутагIил МухIаммад Эмеевасе, шайих ГIободиясул цIаралда бугеб мадрасалъул мутагIил Ислам ЖахIбаровасе (ГIоротIа росу, Хунзахъ район) ва Муртазаев МухIаммаднабие (имам Ашъарил цIаралда бугеб исламияб университет, Хасавюрт). Бергьенлъи босаразе ва гIахьалчагIазе къиматал сайгъаталгун дипломал кьуна ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрика Муслимовас.

Зиярат гьабуна

Дербент районалъул ва ДагъОгниялъул гIадамаз зиярат гьабуна Кырхляр хабалазде. Гьебин абуни ккола аварагасул асхIабзаби рукъарал хабалаби. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул заместитель Шамил ГIалихановас, ДагъОгни шагьаралъул централияб мажгиталъул имам МухIаммадрамазан Ражабовас, Хазар росдал имам Къурбан Рамазановас ва цогидазги. Шамил ГIалихановас зияраталъ рачIаразда бицана муфтияс гьезде битIараб салам ва абуна гьадинал тадбираз бусурбабазда гьоркьоб вацлъи щула гьабулин абун. «Киназдаго баркула рабигIал аввал моцIги. Гьебин абуни ккола нилъер хирияв МухIаммад авараг гьавураб моцI. Нилъеца киназго хIаракатги бахъизе ккола хириясдаса мисал босун хьвадизеги магIишат гьабизеги», - ян абун кIалъана Ш. ГIалиханов.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...