Аслияб гьумералде

Муфтиги щвана выставкаялде

Муфтиги щвана выставкаялде

Муфтиги щвана выставкаялде

Дагьал церегIан къоязда Каспийскиялда бугеб «Анжи-Аренаялда» тIобитIана тайпадулал гIи-цIцIаназул выставка. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса гурелги, улкаялъул батIи-батIиял регионаздаса рачIарал гIияхъабазги. 19 маялдайин абуни выставкаялде щвана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандиги.

ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовгун цадахъ, муфти щвана гIияхъабахъе, бицана гьезулгун хабар, балагьана тайпадулал гIи-цIцIаназухъ.

Выставкаялде рачIаразе баркалаги загьир гьабун, муфтияс гIияхъабазе гьарана хIалтIулъ чIахIиял бергьенлъаби.

ГIабдулмуслим ГIабдулмус-лимовасин абуни муфтиясе сайгъаталъе кьуна буртина, бухари-тIагъур ва тайпадулаб куй.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...