Аслияб гьумералде

Лъималазе тарбия кьеялъул нух

Лъималазе тарбия кьеялъул нух

Лъималазе битIараб тарбия кьей ккола бищун кIвар бугеб ва эбел-инсуда тIадаб иш. Щайгурелъул лъимал ккола Аллагьас аманат гьарун эбелинсухъе кьурал чагIи.

Аллагьас инсан вижула ракIги черхги бацIцIадавлъун. Гьедин вукIаго гьев ругьун гьавуни лъикIал гIамалазде, гьеб букIуна дунял-ахираталъул талихI гьесие щвеялъе сабаблъун. Амма тарбияги кьечIого квешлъиялда тани, гьев вукIуна талихIкъаравлъун ва гьелъухъ мунагьги букIуна эбел-инсуе тарбия малъичIого таралъухъ.

Дунялалда букIунеб заралалдаса лъимал цIунулеб мехалда, ахираталда букIунеб гIакъубаялдаса цIунизе цIакъго рекъарабги тIадабги буго.

Бищун лъикIаб тарбияги ккола гьел квешал гьалмагъзабаздаса цIуни. КигIан лъикIав чи вугониги, квешав гьудуласул тIабигIатгIамал бахуна гьесдеги, гьебгиха жиндагоги лъачIого.

Лъимал цIунизе ккола гьарураб къоялдаса байбихьун хIарамаб жо кванаялдасаги. ХIатта рахь кьолей чIужугIадан йикIине ккола Аллагьасукьа хIинкъарай, хIалалаб гурони кваналарей. ГьитIинго кьураб рахь хIарамаб бугони, лъималазул тIабигIат-рижи гьетIула квешлъи гьабиялде.

ТIоцебе инсанасулъ бижулеб тIабигIаталдасан ккола кваназе бокьи ва гьелде хиял лъей. Гьеб заманалдаса байбихьун малъизе ккола киналниги адабалги. Кваналеб мехалъ малъила БисмиЛЛагь бахъизе, кванараб квералъ кваназе, жиндаго цебе бугеб кваназе ва хъантIи биччангутIизе. Ругьун гьарила кидаго лъикIаб квен кьечIого чIезаризеги. Малъила кинаб ретIел ретIизе кколебали. ХIарамаб, карагьатаб ва жиндир агьлуялда рекъечIеб ретIун бихьани, гIайиб гьабун нечезавила.

НахъчIвала гьереси бициналдаса, цIогь гьабиялдаса, хIарамаб жо гьабиялдаса. Ругьун гьавила эбел-инсуе хъулухъ гьабизе ва кIудиязул адаб цIунизе. Гьелдаса хадуб малъила киналниги паризаял жал. Къиямасеб къоялъ лъималаз абулила Аллагьасда, жидеда гьеб малъичIев эмен, жидер бакIалда жужахIалде рехеян.

Чангиял рукIуна бицунел лъималаз малъараб гьабулеб гьечIин, квеш хьвадулел ругин абун. Жиндир заманалда битIараб тарбияги кьечIого, гьедин абиялъ Аллагьасда цебе бугеб жавабчилъи эбел-инсудаса тIаса унаро. Щайгурелъул Аварагас абун буго:

«Гьабунщинаб лъимер букIуна бацIцIадаблъун ва тIоцебе жиндилъ лъураб жо къабул гьабулеблъун. Кинниги эбел-инсуца гьел ягьудияллъунги насранияллъунги рахъинарула», - абун. ПалхIасил, эбел-инсул тарбия кьеялда бараб букIуна лъималазул хадусеб гIумруги.

Хасго кIудияб рохел буго лъималазда гIелму малъарал эбел-инсуе. Щайгурелъул гьел хун хадубги гьезие пайда къотIуларо лъикIал лъималазул. ХIатта абула Аллагь нечолила гьединал эбел-инсуе хIисаб-суал гьабизецин.

Аллагьас кумек гьабеги лъималазе битIараб тарбия кьезе.

МУХIАММАД СУЛТIАНОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...