Аслияб гьумералде

Исламияб тарбия

Исламияб тарбия

Жакъа гIун бачIунеб гIелалъул гIемерисел руго букIине кколеб тарбия жидее щвечIел. Гьебин абуни ккола унго-унгояб балагь. ЧIахIиязги гьабулеб дин буссинабун буго гIадатазде. Гьелъие гIиллаги, гIолеб гIелалда жаниб гьитIинго бацIцIадаб тарбия лъунгутIи.

Къуръаналда буго (МагIна): «Ле, иман лъурал гIадамал! Нужгоги нужерго агьлуги цIуне жужахIалъул цIаялдаса», - ян.

Щалха кколел гьел агьлаби? Гьел ккола хъизан-лъимал, эбел-эмен, гIагарлъи, гьудулгьалмагълъи. Гьелги цIунизе ккола жакъа дунялалда рукIаго. ЦIунейин абураб рагIул магIнаги ккола, сабруялдалъун, берцинаб рагIудалъун гIибадаталде, Аллагьасе мутIигIлъиялде ахIеян абураб. Лъимералда малъизе ккани, тIоцебе нилъго рукIине кколелъулха мисалияллъун.

Хирияб Каламалда БетIергьанас абун буго: «Къавмалъулъ Дица ﷻ щибго хисизабуларо гьез жидедаго жаниб бугеб хисизабичIого», - ян.

Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, нилъеего бокьизеги ниятгун гъира букIинеги ккола. ХIадисул къудсиялда буго: «Лагъ Дида ﷻ данде рокьоялъ вачIани, Дун ﷻ гьесда данде натIил манзилалъ вачIуна. НатIалъ вачIани, галул манзилалъ вачIуна», - абун. Нилъеца дагьабниги хIаракат бахъани, Аллагьас нилъее тавпикъ кьола, цо иш гьабуни, цогидаб гьабизе бигьалъизабула.

Лъимералъ анкьго сон байдал, гьелда как базе малъейин абун буго хIадисалда. ХIадисазул загьираб рахъ гуребги, жанисеб магIнаги букIуна. Анкьго сон базегIан тарбия кьечIогойищ, щибго малъичIогойищ лъимер толеб? ГIалимзабаз абулеб буго анкьго сон базегIан гьезда малъейин Аварагасул ﷺ гIумру. Гьедин, гьез анкьго сон базегIан шаргIиял хIукмаби нилъецаго рихьизарун, лъималазда малъизе ккола. Анкьго сон байдал как байилан буюрухъ кьун тIубаларо, лъимералда ккеларищ щай базе кколебилан. Гьелъие гIоло малъизе ккола как щиб кколебали, сундуе гIоло базе кколебали ва лъие базе кколебали.

Аварагас ﷺ абун буго анцIго сон байдалги лъимералъ как балеб гьечIони, гьезда кьабгIейилан. КьабгIизеги цо бакI бекиледухъ гуро кколеб. ТIадагьго, кIигъуждузда нахъа кIутIила. БачIого таралъухъ гуребги, мухIкан гьабиялдеги кIвар буссинабила. АнцIго сон базегIан лъимадул гIакълу хIадурго букIунеб гьечIо гIадлутамихIалде. Гьелде щвезегIан лъимералда бицине, бичIчIизабизе ккола. Бихьулищ доб хIадисалъул магIнаялъул гъварилъи. Амма гьедин сабруялда берцинаб мацI бицине ккани, умумузулги напс квегъараблъунги, жалгоги тарбия кьезе хIадураллъунги рукIине ккеларищ? Гьелде рачуна нилъ, нилъедаго тIадкъарал жал мухIкан гьариялъги, напсал къачIалев тохтурасул тарбияталде гъоркье лъугьиналъги.

Нилъеда ккола недегьго кIалъани лъимал «ботIроде» рахунин абун. Амма кваналелъул столалде чурпа тIедалги, цIарагI беканиги, чияр рокъове кIанцIун цIогь гьабуниги цого хIалалъ ахIдолел ругони, лъимералда квешабги лъикIабги батIа гьабизе лъаларо. Тарбия кьей гуро рокъове щваралдаса нахъе, туснахъалъул хъаравул гIадин килищги битIун, эмен лъималазде ахIдей. ХIалтIудаса щведал ахIдолей эбел йикIин.

Тарбия ккола хьихьиги, тIалаб-агъаз гьабиги, лъимер бокьиги, хабар бицинги, ургъел бикьиги, лъимадухъ гIенеккиги. Амма нилъеца гьедин гьабулеб бугищха? ГIодизе лъугьиндал конфет кьола, ахIдезе рекIиндал телефон кьола. Гьедин данде кколаро. Нилъеца лъимал телефоназеги телевизоразеги гурелъул гьарун ругел.

Цо къоялъ гъажалда лъимерги лъун, кIалдиб хъалиянги ккун унев вуго цояв. Дида цадахъ вукIана кIудияв чи, гьесги бухIулеб буго хъалиян. Дица гьесда абуна кIудияв гIедал васас хъалиян бухIани гьес вухилин василан. Цадахъ вукIарас дида абуна жиндаго гIакълу букIине ккеларищин квешаб жо гьабичIого тезе. Досда жаниб лъураб гIакълу букIуна, бегьулареб жо инсуцаги гьабилароанин абураб. Бихьараб хехго босула.

(Хадусеб букIине буго)

МУХIАММАД НУРМУХIАММАДОВ, ГIАХЬАЛЧIИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...