Аслияб гьумералде

Эбел-инсуда тIадаб буго...

Эбел-инсуда тIадаб буго...

Лъималазе динияб тарбия щвеялъул мисал релълъун буго гъветIалда. ГъветIалъ гьебсагIат пихъ кьолареблъи ва гъотIода пихъ базе замана къваригIунеблъи лъала.

Суал буго эбел-инсулъ жиделъго гьечIеб лъай лъималазда кин малъилебин абураб. ЧIахIиязда иман-исламалъул, какил рукналшартIазул цIехани, ракIчIун лъала, цIикIкIарасеб къадаралда лъалеб батуларо. Лъалеб ххвел гьабула, лъалеллъун хIала, хIакъикъаталда лъаларо. Лъаларин абизе кIоларо.

ГIемерисез абула умумуз гьадин гьабулеб букIанила, додин гьабулеб букIанила. Умумузул мунагьал чурун ратаги, Алжаналъул агьлулъунги ратаги. Дин-ислам бичIчIарал, гьелда тIадчIарал умумул рукIана жакъа Дагъистаналъул мутагIилзабаз цIалулел ругел тIахьал цIаларал, тIарикъат ккурал муъминзаби.

Гьединал нилъее киназего исламияб ирс нахъе тарал руго ХIасан-устар, Бакълъухъа СагIадухIажил МухIамад-афанди, Инхоса ГIабдулхIамид. Гъозул асаразул тIамачцини цIаличIого, лъалебги лъаларебги бицунев чи витIарав вукIунаро. ЦIале ХIасан-устарасул «Талхисул магIариф», «Буружул-мушаяда», «Хуласатул адаб» ва умумузул тIахьал.

Гьеб мехалъ бичIчIула нилъеда хIакъикъат кин бугебали, кинаб бакIалда нилъ ругелали шаргIалъулъ ритIун чIеялъулъ. Къокъго абуни, гIемеразда лъалеб гьечIо лъималазда дин малъизе. Руго цIаларал чагIи, исламиял институтал мадрасаби ритIе гьенире.

Ругогури жакъа гьединал ресал. Жидедаго лъалеб батичIони, лъачIолъиялъе «доб заман додинаб букIанаян» гIузруги бачунеб батани, щайха лъимал лъалезухъе ритIуларел лъай босизе. Якъинаб жо, чIахIияз мисалалдалъун бихьизабичIони, бицинчIони, малъичIони лъималаз гьеб къабул гьабулареблъи. Живго телевизоралда нахъа гIодовги чIун, васасда абуни мун как базе мажгиталде аян, васасда ракIалде ккезе бегьула гьеб лъикIаб жо букIарабани дада живго инаанин.

Нилъеца исламияб тарбияги кьун, букIине кколеб хIалалда куцарал лъималазда гьитIинго бичIчIун букIуна чи чIвазе бегьулареблъи, зинаялде хIетIе чIезе бегьулареблъи, цIогь гьабизе бегьунгутIи, хъалиян-гIаракъи бегьулареблъи…

ГьитIинаб мехалдасаго исламияб бичIчIи щвараб лъимер Аллагьасукьа хIинкъулеблъун лъугьуна. Аллагьасукьа хIинкъарав чи - мунагьал гьаризеги хIинкъула. Мисалалъе, лъималазул хъизан-рукъ гIуцIулаго гьабун шаргIалда данде кколеб бертингун, хIарамлъи гъорлъ гьечIеб куцалда, ахIун мавлидгун гьабуни баракат лъелаха.

ГIаксалда гьабуни, баракат лъеларо. Гьелда щаклъи гьечIо. Бигьаяб масъала гуро гьеб лъималазе шаргIалда данд кколеб тарбия кьей. Амма Аллагь разиял лъимал лъугьине ккани, дунял-ахират кIиябго рохалилаб щвезе бокьун батани, захIмат баччизе ккола. Баччани ахиралда рохел щола. Лъимал ругьун гьаризе ккела, хасго гIалимзабазул адаб-хIурмат гьабизе.

ГIалимзабазда цебе калам дагь гьабеян малъизе, гьезул рагIабазде гIайибал чIвангутIизе, жиндирго пикру-гIакълу щвараб бакIалдасан гаргадичIого чIезе, гIалимчи тIаде вачIиндал ва нахъе унелъул тIаде вахъине малъизе.

Щайин абуни, шаргIалъул тIахьазда буго гIалимасул, гIабидасул бадиве валагьи – Аллагьасе гьабулеб гIибадат бугилан. ГIалимасулгун гьоркьоблъихурхен лъикI гьабурав чи диргун гьоркьоблъи гьабурав чи вугин бицун буго хIадисалда. ГIелмуялда гIамал рекъарал чагIи руго Аллагьасукьа хIинкъарал.

Ахиралдаги, эбел-инсуда тIаса унарел, жаваб кьезе ругел лъималазе кьезе кколел хIакъалги адабалги руго.

  1. Ният бацIцIадаб букIине ккола лъималазда адаб малъизе, жив хун хадуб жиндие дугIа гьабулев вас лъугьинавизе. Жакъа ралагье, чан чияс гьеб гьабулеб бугеб?
  2. Паризаял, суннатал гIамалазда лъимал ругьун гьари.
  3. 7 сон баралдаса как базаби.
  4. ХIарамаб, мунагьаб квен, ретIел рикIкIад гьабила.
  5. Дунялалъул, ахираталъул ишал малъила.
  6. Лъималазе кидаго лъикIаб дугIа гьабила.
  7. ГIелму малъила, жидедаго лъалеб гьечIони – лъалезухъе витIила.
  8. Къуръан цIализабила.

Гьал рехсарал адабал лъималазда малъани, щибго щаклъи гьечIо гьединал тарбия щварал рекIелъ такъва бугеллъун гьел лъугьиналда. Аллагьас кумек гьабеги!

ХIУСЕН САГIАДУЛАЕВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...