Аслияб гьумералде

Бищун кIудияб анищ

Бищун кIудияб анищ

Муъминчиясул бищун кIу-дияб анищ ккола къиямасеб къоялъ Авараггун ﷺ цадахъ вахъинави. Гьелдаса лъикIаб щибха букIинеб инсанасе!?

 

Хирияв аварагас ﷺ нилъеда малъана сабаб хун хадув гьевгун нилъ рахъиналъе бугеб. Аварагас ﷺ абуна: «Къиямасеб къоялъ бищун дунгун гIагарлъуда рукIине руго бищун гIемер диде салават битIулел», - илан.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ХӀакълъунго ТӀадегIанав Аллагьас ва малаикзабазги свалат битIула кинабго халкъалде расуллъун витIарав аварагасде ﷺ. Я, гьал иман лъурал гӀадамал! Нужецаги свалат битIе хирияв аварагасде ва нужеца гьев кӀодо гьавун гьесие саламги гьабе», - ян. (Суратул «АхIзаб», аят 56)

Аллагьас свалат битIулин абураб рагIул магIна буго, Аллагь жиндир расуласда гурхӀулин, гьесул даража-макъамги тӀадегIан гьабулин, гьев тущбабазул заралалдасаги цIунулин, гьесие квербакъиги гьабулин абураб. Хириял малаикзабаз аварагасде свалат битӀулин абураб рагIиялъул магIна буго гьез аварагасе дугIа гьабулин гьесда Аллагь гурхIгиян, гьесул даража-макъам тIадегIан гьабегиян абун.

Нилъеда тӀад цIакъ кӀудияб хIакъ буго аварагасе ﷺ тӀубазе кколеб. Авараг ﷺ вуго нилъ жужахIалъул гӀазабалдаса хвасар гьарун, нигIматазул алжаналде лъугьинариялъе сабаблъун вугев. Купру-ширкалъул бецIлъиялдаса иманалъул нуралде нилъ тIоритIаравги. Гьедин бугелъул, хирияв аварагасде свалат-салам гӀемераб битӀизе кIвахIаллъизе бегьиларо. Гьесул цIар рехсанщинахъе: «Аллагьумма свали гӀала МухIаммадин ва гӀала алигьи ва ссаллим», - абе.

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаишатидасан бицана: «Рогьел баккилалде цебе цо жо букъулей йикIана дун. Кодоб букIараб рукIкIен бортун ана ва гьеб сагIаталъ чирахъги ссун ана. Гьеб гIужалъ авараг ﷺ вачIана жаниве лъугьун. Гьесул ﷺ гьумералъул нуралъ рукъ гвангъизабуна ва дида рукIкIен батана. Дица абуна: «Я Бичасул Расул ﷺ, дур гьурмал гвангъиго щиб», - илан. Аварагас ﷺ абуна: «Я ГIаишат, къиямасеб къоялъ дун вихьичIесе кIудияб балагь буго», - ян. Дица гьикъана: «Къиямасеб къоялъ мун вихьичIел щал кколел?» - илан. Аварагас ﷺ абуна: «Бахилчи», - ян. Бахилчи щив кколевиланги цIехедал, аварагас ﷺ абуна: «Жинда аскIоб дир цIар рехседал салават битIуларев», - илан. (АхIмад)

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...