Аслияб гьумералде

Балагьадаса кин цIунилел?

Балагьадаса кин цIунилел?

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Ле, иман лъурал гIадамал, нужгоги нужерго агьлу-хъизамги жужахIалъул цIаялдаса цIуне, жиндилъ бухIулеб жолъун гIадамалги ганчIалги ругеб», - абун (сурату «ТахIрим», 6 аят). Гьеб цIадаре ккеялдаса хвасарлъи гьабун тIобитIизе ккола инсанас жиндирго гIумру.

 

Бокьараб балагьалдаса хвасарлъи байбихьула иманалдаса ва динияб рахъалъ ритIухълъи цIуниялдаса. Гьеб ккола нилъее илагьияб рахъалдасан щвараб загьираб къагIидаги. Балагь-захIмалъабаздаса хвасарлъи букIуна:

 

Аллагьасда ﷻ аскIоб

ХIакъикъияб хвасарлъи Аллагьасдасан ﷻ гурони щоларо. Аварагас ﷺ нилъеда малъараб дугIаялдасан буго: «Я, Аллагь ﷻ, дица Дудаса (дунялалдаги ахираталдаги) хвасарлъи гьарула!» - ян (Тирмизи).

Хвасарлъи бокьараз Аллагьасулгун ﷻ бухьен щула гьабизе ккола: паризаял какал камилго тIуран, суннатал гIамалал гьарун, зикру-тасбихI, тагьлил бачун, ракI-ракIалъулаб тавбу гьабун, сундулъго Гьесде таваккал тIамун.

 

РитIухълъи ва ракIбацIалъи

Аварагасул хирияб хIадисалда буго: «РитIухълъиялда нужеца тIадчIей гьабе, гьелъ рачуна варагI-такъваялде, варагI-такъваялъ рачуна Алжаналде», - абун (Бухари, Муслим).

Гьереси, кIигьумерчи тIибитIараб гьаб заманалда ритIухълъи ккола муъминчиясул къуват, хвасарлъи ва цIуни. Аллагьасда ﷻ цебе жиндирго ракIги, мацIги, гIамалги бацIцIадав чиясе Аллагьасул ﷻ рахъалдасан цIуни щвела.

 

Къуръан-хIадис кквей

Аварагас ﷺ бицун букIана бусурбабазда гьоркьоб дагIба-рагIи ккезе бугеб заманалъул хIакъалъулъ. Гьес ﷺ нилъее нахъе тана хвасарлъиялъе нух, гьебги: «Дица нужеда гьоркьоб тана, жиб щулаго ккуни, нуж киданиги къосине гьечIеб жо: Аллагьасул ﷻ тIехь ва дир суннат», - ин абун Абу Гьурайратидасан бачIараб хIадис («ал-МуватIтIа»). ГIадлу-низам чучлъараб, хIажат гьечIел гIамалал ва пишаби цIикIкIараб ахирзаманалъул гьал къоязда, гьеб кIиялдаго салафу-салихIуназ баян гьабураб куцалда бичIчIун, цIалун гIамал гьаби буго, щаклъи гьечIеб рацIцIалъиялъул ва хвасарлъиялъул нух.

 

Агьлу-сунна вал-жамагIа-талъул ракьан кквей

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ МухIаммадил умматалде, амруялдалъун хитIаб гьабун, Къуръаналда абулеб буго, нуж, бусурбаби, Аллагьасул ﷻ ракьан щулаго ккун (диналъул масъалаби, шаригIаталъул тIалабал тIуразарун), цолъун рукIаян («Алу-ГIимран»). Цолъиялда жаниб буго баракат, гурхIел-рахIму. ДагIба-рагIиялъулъ кидаго букIуна тамихI, талихIкъей, ракIал хвезари, пашманлъи.

Хвасарлъиги букIуна жамагIаталъул гIемерисел ругелъуб, хIакъикъияв цевехъанасул бетIерлъиялда гъоркь. ХIадисалда абулеб кинниги: «Нуж нахърилълъа агьлу-сунна вал-жамагIаталъул гIемерисезда, гьездаса ватIалъун щив чи вугониги, гьев вуго жужахIалъе ватIалъарав чи», - ян. ЖамагIаталдаса ратIалъи буго хвалде ва жужахIалде нух (ибну Мажагь).

 

ЦIодорлъи гьаби, мацIгун кверал цIуни

Чиясе бищун кIудияб захIмалъилъун, балагьлъун букIуна рекIее парахалъи гьечIолъи. Гьединаб заманалда хвасарлъиялъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ бицун буго: «Парахалъи гьечIеб заманалда (питнаялъулъги гIахьаллъичIого, гIадлу-низамги цIунун) гIодов чIарав чи лъикIав вуго вахъун чIарасдаса, вахъун чIарав - вилъанхъун унесдаса, вилъанхъун унев - векерулесдаса», - ян (АхIмад, Бухари).

Аварагас ﷺ насихIат гьабунги абун буго: «Аллагьасдаги Къиямасеб къоялдаги божулев чияс лъикIаб калам гьабейин абе, яги (лъикIаб калам гьабизе бажарулеб батичIони) вуцIцIун чIа», - ян.

МацI ккола инсанасде тIаде балагьал цIалеблъун бугебги лага. Жинде кколареб бакIалда кIалъаялдалъун ккола чи хIажат гьечIел ишазул жаваб кьеялде. ГIадада гуро аби бугеб, гIемер гаргади гIарац батани, вуцIцIунчIей месед бугин абураб. ХIажат гьечIел ишазулъ гIахьаллъи, къваригIел гьечIелде квер бегьи буго ургъалаби тIаде цIалел пишабаздасан.

 

Сабру

Хирияб Къуръаналда ТIаде-гIанав Аллагьас ﷻ рагIи кьун буго сабру гьабулезе лъикIалдалъун жазаъ гьабизе. Сабру буго сундулъго лъикIалде нуцIа рагьулеб кIул. Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца кумек тIалаб гьабе сабруялъулъ…», - абун («Бакъарат», 153 аят). Сабруял чагIазе кидаго битIккейги букIуна. Гьеб буго унго-унгояб муъминчиясул ярагъги. РагIулъги ишалъулъги цIодорлъи гьаби, заралалдаса лъикIлъи батIа бахъизе бажари, хехдариялдаса гIакълугун сабру цебе ккезабизе кIвей – гьел ккола инсан цIунулел цогиги хасиятал.

 

РитIухъаллъун рукIине хIаракат бахъи

Муъминчи ккола жиндир мацIалдасаги квераздасаги цогидал цIунараллъун ругев чи. Чияс бажарараб ритIухълъи цIуни, загIипазе кумек гьаби, зулму батаралъуб квербакъи кьей, кьалде ккарал рекъезаризе хIаракат бахъи гIадал гIамалал руго Аллагьасда ﷻ цебе бусурбанчиясул даража борхизабулеблъун. ЛъикIал гIамалаз чи балагьалдасаги цIунула.

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...