Аслияб гьумералде

Бищун лъикIав учитель

Бищун лъикIав учитель

Бищун лъикIав учитель

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ МухIаммад аварагасде ﷺ тIоцере рещтIарал рукIана «Дуца цIале…», - ян абурал аятал. ЦIали буго чиясул къадру-къимат кидаго тIадегIан гьабулеб гIамал. «Жидеда жо лъалелги лъаларелги ращадал рукIунищ?» - ян Къуръаналда абураб кинниги, лъай гьечIев чи вукIуна гьарулел ишазулъ цебетIей дагьав, нахъе ккарав. Гьединлъидал мугIалим вуго чиясул гIумрудулъ гьарулел ишазулъ кIудияб бакI кколев чи.

  

 

БАЯН - 1974 соналъ росулъ анцIго класс лъугIун хадув дун нижерго администрациялда гъорлъе кколеб Мокода росдал байбихьул школалде хIалтIизе витIана. Чанго соналъ гьенив хIалтIун хадув лъугьана физикиябгун математикияб факультеталде цIализе. 1981 соналъ цIалун вахъиндал, райОНОялдаса витIана Бакълъухъ росулъе учительлъун хIалтIизе. Хадув витIана ГIасаве ва гьенив хIалтIана щуго соналъ. Цинги райОНОялъ вачана жидехъего. ТIоцебесеб лъабго соналъ гьенив хIалтIана методистлъун. Хадув тIамуна заместительлъун. ХIукуматалда хиса-баси ккарал соназ вачIана нижерго росулъе. Школалда хIалтIулел соназ дирго махщалида рекъон гурелги, химиягун биологиялдаса бахъараб дица школалда кьечIеб предметго хутIичIо. Гьел соназги, гьелдаса хадур росулъ хIалтIаралги данде росидал, исана 49-абилеб сон буго дир мугIалимлъун хIалтIулев вугелдаса.

 

 

 

ГIемерал соназ школазда хIалтIарав учитель ккола Шамил районалъул КъахIиб росулъа МухIаммаднаби ГIабдулаев. Сентябрь моцIалъул ахирал къояз ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министрасул буюрухъалда рекъон, МухIаммаднабие кьуна «ДРялъул бищун лъикIав учитель» абураб цIар.

Дагьал церегIан къоязда ниж щвана МухIаммаднабихъе ва гьесулгун гьабуна гьитIинабго гара-чIвари.

 

 

КъахIиб росдал гьоркьохъеб школа

 

 

- МухIаммаднаби, физикагун химия гIадал предметаз щиб бакI кколеб инсанасул гIумруялъулъ?

- Гьездаса къваригIунеб, пайда цIикIкIараб, лъачIого гIолареб предмет щиб бугеб нилъер гIумруялда. Физика лъаларев чиясухъа гIемераб жого гьабун бажаруларо. Мисалалъе босе ток. Гьаб заманалда щивасул рокъор руго гIемерал алатал, гьел киналго хурхарал руго физикаялда. Гьел алатал хIинкъи гьечIолъиялда хIалтIизаризе ккани, бихьинчиясегун чIужугIаданалъе къваригIуна физикагун химия. Бищун дагьаб гьаб канлъи кьолеб чирахъ, гьебгицин баки ва свинаби хурхараб буго физикаялда. Бицунеб рагIана, шагьаразда, бухIараб чирахъ хисизецин гIарацги кьун чи вачунев вугила. Гьеб жо гьечIищ физика лъангутIи?!

 

- Ахирал соназда школалъул цIалиялда хурхун гIемерал хиса-басиял гьарулел руго. Физикаялъул гIелмуялда хъатIулищ гьеб?

- ГIемераб хиса-баси гьабуна. БитIун абуни, гьелда хурхун дагьаб захIмалъиги кколеб буго цIалдохъабазе.

 

- Дагьаб цебе мун муста-хIикълъана «Бищун лъикIав учитель» абураб цIаралъе. Гьединал цIаразе цеве мустахIикълъунго вукIанищ? Щиб гьабизе кколеб гьеб цIар щвезе ккани?

- 2005 соналъ щун букIана дие Дагъистаналъул мустахIикъав учитель абураб цIар. Гьеб цIар щвезе ккани, гIемераб хIалтIи гьабизе ккола. Къогоялдасаги цIикIун пункт букIана хIадур гьабизе кколеб комисиялъ бихьизабураб. Рихьизарурал пунктазда рекъон хIалтIи гьабун битIун букIана гьенибе. Гьез халги гьабун кьола къимат. Гьедин гьабураб хIалтIул хIасил ккола исана щварабги.

 

 

 

 

- Дур пикруялда рекъон, тарбия кьей щиб даражаялда букIине кколеб чиясулъ?

- Гьаб заманалдани лъимал куцай абураб жо цIакъго нахъе ккун буго. Унго-унгояб тарбия, адаб лъималазе щолаан цебе заманалда. Школалда учитель вихьидал, цIалдохъан рикIкIадасан ун гурони данде вачIунароан, нухда цIикIкIарав чи данде ккедал хантIан гьесул къваригIел тIубазе гIамал гьабулаан. Гьанжейин абуни керен цвизегIан данде рачIуна, цIикIкIарасе нух биччазе ккелин пикру гьабуларо, бицунеб хабарги букIуна аскIов вугесухъ халго гьабичIого бицунеб.

Рокъоб эбел-инсуца малъарабги босулеб гьечIони, школалде вачIиндал гьениб бата-батарабги гьабулеб бугони, цIалул кIварги гьабулеб гьечIони, гIураб къоялъ гьединасул цебетIей букIунаро, жамгIияталда гьоркьоб гьединасул къиматги букIунаро. Гьединлъидал тарбия кьей букIине ккола бищун цебесеб кьерда.

Эбел-инсудаги бичIчIизе ккола, школалдегун мажгит-мадрасаялде ритIулел ругин абун течIого лъималазе рокъобги тарбия гьабизе кколеблъи.

Гьаб заманалда лъимал хвезарулел руго телефоназгун интернеталъ. Гьединлъидал дица абила, лъимал гьел жалазде регIизе тезеги бегьуларин.

 

- МухIаммаднаби, ахиралда щиб абилеб казият гьоркьобккун?

- «Ас-салам» дица хъвалеб буго гьеб къватIибе бачIине байбихьаралдаса нахъе. Дица гьеб тIарадаса ахаде щвезегIан цIалула. ЧIахIиязегун гIисиназе чарагьечIого хIажатаб материалги батула гьениб. Дида ккола, цоги жоялъул абичIониги, гьаб казияталда бугелдаса босунгIаги эбел-инсуца лъималазда лъикIаб-квешаб малъулеб бугони, гьелъул лъикIаб хIасил ккезе бугин абун. Щайин абуни, гьениб буго МухIаммад аварагасул ﷺ насихIатал, имамзабазул вагIза-насихIат, щивасе чарагьечIого хIажатабщинаб. Гьединаб казиятлъун батана дида «Ас-салам».

 

Гара-чIвари гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...