Мискин-пакъиразул ургъел бикьулев
Мискин-пакъиразул ургъел бикьулев

Хьаргаби росулъа Махlачхъалаялда гlумру гьабун вугев цаби-гIусазул тохтур Зайнудин ГIусманов вуго иман-яхlалъул цIураб ракlалъул инсан. Щибаб рузман къоялъ гьес ресукъал гIадамазул, бесдалазул гlусал къачlала чlорого. Гьев сахаватав чигун дандчlвазе рес щвана нижееги ва гьабуна гьитlинабго кIалъа-басайги.
– Зайнудин, цаби-гIусазул тохтурлъун вахъине гьитIингойищ гъира букIараб?
- Школалда цIалулеб заманалда ният ккана тохтурлъиялъе цIализе ине. Нижер гIагарлъиялда гьоркьорги чангоял хIалтIулел руго тохтурзабилъун. УнкъгIалалъул бетIергьанчи вуго хирург. ГьитIинаб мехалда гьезухъе щведал, тохтурлъиялъул батIи-батIиял тIахьал рихьидал, кутакаб гъира букIана гьелде.
Школа лъугIулеб заманалда мединституталде лъугьине бокьун бугин абидал, гIагарлъиялъул цо-цояз абуна гьеб захIматаб бакI бугин, кидаго цIалдолев вукIине кколин абун. Эбел-инсуда дандги бан, хIукму ккана МЧСалде лъугьине. КIиабилеб курсалда цIалулелъул пикру ккана стоматологияб факультеталдеги лъугьине. ЦIализе лъугьана ва багIараб дипломалда институтги лъугIизабуна. Цадахъго бачана МЧСалъулабги.
– Нилъерго гьаниб цIали гуреб цоги бакIазде ун лъай цIикIкIинабиялъе гьабураб хIалтIи букIанищ?
- ЦIалун лъугIидал хIалтIизе ккани нижеца гьабизе ккола аккредитация. Ахирисеб курсалда ругеб заманалда ниж цIалулел рукIараб институталъе ихтияр щвечIо аккредитация гьабизе.
Гьелъ нижер курс бачана ДГМУялде. Гьениб кьуна экзамен, гьабуна аккредитация, дипломалги гьениса щвана. Лъай цIикIкIинабизе дове-гьаниве инчIо.
Амма цIалулагоги, хIалтIизе байбихьидалги батIибатIиял бакIазда рукIарал семинаразде хьвадана. Ахирисеб курсалда ругеб заманалда Москваялда букIана халкъазда гьоркьосеб олимпиада. Гьениб гIахьаллъи гьабуна ва бергьана ортопедиялъул слепок бахъиялда.
– Мискинал, пакъирал гIадамал чIорого къабул гьаризе кин ракIалде ккараб?
- Ахирал соназда, ай цIалулеб заманалда пикру ккун букIана хIалтIизе байбихьидал ресукълъиялда ругезул гIусал чIорого къачIалин абун. Цо нухалъ дарсида рукIаго киназего загьир гьабуна дица гьеб пикруги.
Цадахъ рукIаразул цо-цояз гьеб махсаро гIадин къабул гьабуна, цогияз абуна гIарац щвезе байбихьидал кIочон толин гьединаб хабарилан. ЦIалиялда цадахъго дун тренировкабаздеги хьвадулаан. Гьеб пикру тренерасе загьир гьабидал, гьесие цIакъ бокьана ва байбихьана «Надежда» абураб гурхIелрахIмуялъул фондалъулгун бухьен гьабизе.
Гьедин рачIана цо-цоял. Социалиял гьиназдасанги гьабуна реклама. Гьеб бихьун батила, ННТ телеканалалъул мухбирзаби рачIана диргун кIалъай гьабизе. Гьелдаса хадув машгьурлъана дун мискинзабазул гIусал чIорого къачIалев чи хIисабалда. Цинги ккана «Инсан» фондалъулгунги бухьен.
– ГIадамал къабул гьариялъул тадбир кинаб бугеб?
- Нижехъе кIалъан яги хъван бачIуна рачIине бокьун бугин абун. Гьедин рачIаразда цIехола щиб фондалъин нуж ритIаралилан. Хадуб администраторалъ бухьен гьабула гьез абураб фондалъулгун, пуланав чи гьез витIун ватани, къабул гьавула. Гьедин гьабиялъулъ кIудияб бигьалъиги буго.
– Гьедин рачIунел чагIи гIемер рукIунищ?
- 3-4 чи вукIуна. Рохун рукIуна, ресукъал ругониги баркала загьир гьабун щиб бугониги кьезе лъугьуна. МискинавгIан чи яхI бугевги ватана дида. Амма халлъулеб жо буго жив мискинчи вугинги абун, дагьав хъантIараб къагIидалда вачIунев чи чIобого гIус къачIаялде хIажалъи гьечIев вати.
Гьединасда абула духъе фондалдаса хал гьабизе чагIи ритIилин, хIажалъи бугев мун ватани, къабулги гьавилин. Гьедин абидал, гьединал тIагIуна. ХIажат бугел чагIи нечон, жанире рачIине кIоларого чIун рукIуна. ХIажатаб алатги буго, къваригIаралъе цогиябги буго нуж нечогейин абуниги, нахъе унелъул ахирисеб копек кьезе лъугьун, цIакъ намусго рукIуна.
– Гьедин рачIунездаги гIарац кьолездаги тIад хвезабулеб алаткъайи цогойищ букIунеб?
- БатIалъи букIунаро, гьезие гьабулебги гIарац кьун рачIунезе гьабулебги кинабго цого багьаяб материалалъул букIуна. Камуларо учузаб материал лъуниги гIелин абун рачIунелги. Гьединазда дица абула гьаниб учузаб-хириябин абун къайи гьечIин, киназего гьабулеб цо бугин.
СМИяздасан гIемер бицана дир хIакъалъулъ ва гьелъги батила чанги чияс ахIун бачIана хIажатаб кумек батани лъазабейилан. Дица гьезда абула, БетIергьанасе рецц бугин, гIолареб жо щибго гьечIин, дир ният хвезабугейин, хIажалъи ккараб хIал бугони, хабар лъазабилин.
Аварагасул хIадисги гьечIищха, Аллагьас жиндирго лагъасе кумек гьабулин, гьев диналъул вацасе кумек гьабулев вугебгIан заманалда жанибин абураб.
– Нилъер гьаб заман буго батIи-батIияб жо къватIисаги бачIун, гIолохъанаб гIелалъул рукIа-рахъин хисизабулеб. Гьелда хурхун щиб дуца абилеб?
- ТIоцебесеб иргаялда, эбел-инсухъ гIенекке, гьезул адаб гьабе. Чияс жиндирго гьабулеб цIалиги бачани, заман бихьун тренировкабаздеги ани, рокъоб эбел-инсуца малъаралъухъги гIенеккани, дирго мисал бачун абила, цоги жоялде регIел букIунаро. ХIажат гьечIебщинаб жо лъала регIарав чиясда.
Цо-цоязул букIуна хIалтIизе лъугьараб мехалъ лъалинги абун, цIали тIаса-масаго толеб гIадат. Гьеб мекъаб пикру буго, нужеда бичIчIа, теория гьечIони практика букIунаро. Умумузеги лъикIаб буго васал тренировкабазде, Къуръан цIализе мажгит-мадрасазде, ясал - жидеда рекъарал кружкабазде ритIизе.
Жакъа гьаб заман буго гьел гIадада тезе бегьулареб. Лъимал рукIине ккола эркенаб заман гьечIеллъун. Сунде ругониги руссинаре. Эбел-инсуца гьитIинго ругьун гьарулел гьечIони, лъималаз интернеталдаса балагьун, цогияздаса тIалаб гьабула къваригIел гьечIеб пиша. Цинги баккула гьезулъ къватIиса бачIараб чияр гIамал-хасиятги.
ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВАС<