Аслияб гьумералде

ГIезегIан захIмалъаби рихьана...

ГIезегIан захIмалъаби рихьана...

Темирбегил МухIаммадил вас КIуйда ккола Гумбет районалъул МелъелтIа росулъа. Гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.

- КIуйда, бокьилаан гьитIинаб мехалда бихьараб захIматгIакъубаялъул бицани.

- Ниж, гIисинал лъимал, рукIунаан хандакъал рухъулел гIадамазе, солдатазе кумек гьабулел. Ракъи-къечги бихьана, кваназе квен щоларого ана лъимерлъи. Гьанже Аллагьас кутакалда лъикI хьихьун руго, АлхIамдулиллагь.

- Доб заманалда цIали гьабизе ва как-кIалалъе квалквал букIанищ?

- Дун гIелму цIаларав чи гуро, амма гIелму цIалулел дие кутакалда рокьула. Гьединазда аскIов вукIиналъ лъана Къуръан цIализе ва какил шурутIал. Нижер росулъ вукIана Сулейман-дибир абун гIалим. Нижеца, кигIан захIмат бугониги, гьесухъеги ун лъазабулаан какил жал.

- «Ас-салам» газеталъулгун гьудуллъи кидал ккураб?

- Дида ракIалда гьечIо, цебегоялдаса нахъе букIин хIакъаб буго. Гьеб буго кутакалда мунпагIат бугеб газета. Дир хъизанги йикIуна кидаго гьеб бачIиналъухъ балагьун чIун.

ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА ХАЛИД ПАЙЗУЛАЕВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...