Аслияб гьумералде

ХIажатазе кумек гьабула

ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб хIалтIиги буго, рес бугел гIадамаз гьабулеб кумек, гIумруялъул захIматал шартIал ругезухъе щвезаби. Гьединал фондазул цояб ккола «БацIцIадаб ракI» («Чистое сердце») абурабги. Гьелъие нухмалъи гьабулей Миседо  Садрудиновалъулгун гьабураб гара-чIвари кьолеб буго гъоркьехун:

 

- Миседо, «Чистое сердце» фонд кида ва щай гIуцIараб?

- Фонд гIуцIиялъул аслуялда рукIана журналистазул ва волонтеразул къокъа. Гьел жалго данделъун кIвараб кумек гьабулаан кумекалде хIажатазе. Гьедин хIалтIулаго, 2011 соналъ ракIалде ккана фондалъул хъвай-хъвагIай гьабизе. Исана августалда 15 сон тIубала гьеб хIалтIулеб бугелдаса. Дун фондалде хIалтIизе ячIана, фондалъул президент МуртазаГIалиев ГIумаргун цадахъ, 2013 соналда. Дун йиго гьесул заместитель, фондалъул тадбир гьабулей гIадан. 

 

- ТIоцебе сундаса байбихьараб ва гьабсагIат щиб даражаялда бугеб фондалъул хIалтIи?

- Доб заманалда кванил нигIматал хIажатазе рикьиялда тIубалаан иш. Гьедин хIалтIулаго нижеда бичIчIана цохIо кванил нигIматал рикьун чIани, мискинзабазул хIал хисизе, лъикIлъизе гьечIеблъи. Гьелдаса хадуб ниж ургъана цогидал программабазда тIад, ай мискинзаби захIматаб хIалалдаса къватIире рахъинариялъул мурадалда.

Гьелдаго цадахъ хисана гIадамазул гIамал-тIабигIат, цере рукIаралдаса тIалабалги батIиял лъугьана. Гьединал хIужабазги тIамуна ниж батIи-батIиял рахъаздасан кумек гьабиялъе ургъизе.

Аслияб хIалтIилъун фондалъул кидаго хутIула адресалъулаб кумек, продуктабаздалъун, гIарцудалъун, медицинаялъул рахъалдасан батаниги. ГьабсагIаталда бищунго кIвар цIикIкIараб масъала буго гIадамазе хIалтIизе бакI балагьи, бетIербахъиялъе нух балагьиялъул суал. ХIасил гьабун абуни, кванил нигIматаздалъун кумек гьабиялдалъун букIараб байбихьи гьанже щун буго гIемеррахъазулал программабаздалъун кумек гьабиялде.

 

- Масала, нужехъе вачIуна пуланав чи жиндирго хIажатги бицун. Гьелдаса хадуб нужер хIалтIул низам кин гIуцIун бугеб?

- Нижехъе вачIарас хъвала гIарза. Нижер хIалтIухъанас гьесул гьари къабул гьабула. Цинги суал уна инспекторасухъе. Гьесул иш буго, гIарзагун вачIарас бицаралъул мухIканлъи гьаби, хъизан-лъималазул яшавалъухъ балагьи. Инспектор ине ккола кинабго мухIкан гьабизе, гьев гIумру гьабун вугеб бакIалде.

Медицинаялда хурхараб къварилъи батани, нижеца хурхен гьабула гьесул тохтурасулгун, мухIканлъи тIалаб гьабула хIукуматалъ кумек гьабулеб жо гьеб бугищ яги гьечIищали.

Цинги инспекторас бачIараб баян рехула базаялда. Гьениб букIуна гьесул хIажатазул кинабго сияхI. Нижер буго цоги фондазда гьоркьоб бугеб гIаммаб базаги. Гьелъ кутакалда кумек гьабула цогидал фондаз гьесие гьабураб кумек бихьизе букIинеги. Щайгурелъул, цого хIажаталъ цо чи хьвадизе рес буго киналго фондазде ва киназго кумек гьабизе бегьула. Гьединаб хIал ккечIого букIине кумек гьабула гIаммаб базаялъ.

 

 

ГьабсагIат нижер сияхIалда вуго 35 азаргоялдасаги цIикIкIун чи

 

 

 

- Инспекция кигIан заманалдасан цIидасан гьабулеб?

- Хасаб, бихьизабураб заман гьелъие гьечIо. Щибалъул букIана жинди-жиндир хаслъи. Масала, нижер цо-цо хъизамал руго щибаб моцIрое кумек гьабулел. Гьелги ккола рокъоб унтараб лъимерги букIун, кваналеб хасаб квен яги хасаб процедура гьабизе кколеб. ХIукуматалъул квотаялдасан щолареб гурони гьебги гьабуларо. Гьелде тIадеги, балагьула гьеб хъизамалда хIалтIизе, магIишат гьабизе кIолев чи вугищали. ВатичIони гурони кумек гьабуларо.

 

- Дуца абунаха хъизамалда хIалтIизе кIолев чи ватани, кумек гьабуларин абун. Гьесие хIалтIизе бакI балагьиялъе тадбирал гьарулищ?

- Цебе сахав чиясе хIалтIизе бакI щоларого букIун батани, гьанже хIалтIухъаби щоларого рукIуна. ХIалтIизе бокьарав чиясе гьеб камуларо. Нижехъеги рачIуна хIалтIизе бокьарав чи гьечIищин абун цIехон. Цинги, гьелги дандчIвазарун, кIвараб кумек гьабула.

Нижер къайимлъиялда руго рокъор гIисинал яги сакъатIал лъимал ругел улбул. Гьезда тIубараб къоялъ хIалтIуде рахъун бажаруларо. Нижер фондалъ рагьун буго рукъариялъул цех, гьениб рукъаризе малъула. Гьедин хIадур гьарула жидерго рокъоб магIишат гьабизе рес букIиналъе. Гьенир цIалулелгIан заманалда жанибги гьабула гьезие кумек.

 

- Цоги кинал программаби ругел?

- Щивасе рокъобе щвезабулеб кванил нигIматазул кумек, унтарал лъималазе реабилитация, операция гьабизе рикIкIаде унезе нухлул харжазе, махщалие ругьун гьари, спорталда хурхарал тадбиразе кумек, волонтеразул квербакъи, рукъ-бакIалда хурхарал санагIатал лъикI гьари ва гьанже тIаде бачIараб цIияб рахъги - СВОялда хурхун гьабулеб кумек.

 

- Гьедин кумек гьабизе сурсатал киса щолел?

- Нижер фондалъул президент ккола ГIумар МуртазаГIалиев. Гьединго нижер руго меценаталги. Цинги хутIараб жоялъе, цогидазго гIадин, гьарула сборал.

 

- Нужеца хIалтIизе байбихьаралдаса гьаб заманалде щвезегIан халкъалъул яшав хисанищ?

- Дица абила, цебеялде дандеккун гIадамаз гьабулеб кумек цIикIкIанин абун. ТIоцее хIалтIизе ячIиндал, дир нухмалъулез цебелъураб масъала букIана хIажатазе кумек гьаби. Гьанже мискиназе кумек гьабизе бокьарал гIадамал ралагьизе ккараб хIал гьечIо, гьел жалго рачIуна нижехъе, жидерго бутIа халкъалъе гьабулеб кумекалде гъорлъе ккезабеянги абун. Чангиял рачIуна мискинзабазул сияхI кьейилан абунги.

Бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала кьезе Дагъистаналъул халкъалъе. Кинаб бугониги кумек хIажат бугин абуни, хехго жаваб гьабула нилъер гIадамаз. Къварилъиялде ккарасухъе кумекалъулаб квер бегьуларев чи вукIунаро.

 

- Кумекалде хIажатал гIадамал цIикIкIанищ яги дагьлъанищ?

- Цебеялде дандеккун цIикIкIун руго. Щайгурелъул, тIоцебе нижер сияхIалда вукIана 2000 чи. Гьезие продуктабаздалъун кумек гьабулаан. Гьанже программаби гIемерлъана ва гьелда рекъон хIажатазул къадарги цIикIкIана. ГьабсагIат нижер сияхIалда вуго 35 азаргоялдасаги цIикIкIун чи. Гьел гIемрлъиялъе цоги гIилла, жал янгъизго толареблъи, жидеда квер чIвазе рес букIин гьезда лъай. Цереги рукIана язихъал гIадамал, амма гьезие гьабулеб кумек гIемер букIинчIо. Нилъеразул хасият буго, фондалде рачIине нечолеб. Гьанже заманалда гьебги дагьлъулеб буго.

 

- Хадубккун щиб гьабизе ракIалда бугеб?

- РакIалда буго, рокъор къварид гьарурал яги руссине бакI гьечIел, кодоб лъимергун хутIарал руччаби жанире руссине заманалъулаб бакI гьаби. Гьеб пикру бижиялъе ккана гьадинаб лъугьа-бахъин. Дербенталда, къаси сордо базе бакI гьечIого хутIун йигин 20 сон барай, кодоб гьитIинаб лъимергун йигей чIужугIаданин абун бачIана нижехъе ахIун. Нижер фондалъул Дербенталда вугев вакиласул номер кьуна гьезухъе. Гьей гIадан нижер вакилалъ къаси сордо базе ячун йиго жидерго рокъое. Цо моцIгIанасеб заман гьенибги бан, жиндирго лъимерги рехун тун, гьеб бачине бакI гьечIинги абун, нахъе ун йиго эбел. Лъималазул рокъобе лъимер кьезеги бокьичIого, жидецаго хьихьизе къасд ккун буго гьеб хъизамалъул. Гьезул хъизамалда жидергоги 10 лъимер букIана, тIадежоялъе гьебги хьихьана. Гьеб иш ккана эбел-лъимадуе руссине бакI гьабизе ургъиялъе сабаблъун.

 

- «Ас-салам» казият гьоркьобккун щиб абилеб магIарулазда?

- Гьарула киназего сахлъигун рохел. Я, Аллагь, къойидаса къойиде кумек гьабулел цIикIкIаги, гьелде хIажатаздаса.

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГъазимухIаммадова Написат, 8 сон, Кокрек росу. ЗайнулгIабидова ПатIимат, 5 сон. Ражабов Ислам, 4 классалъул цIалдохъан, Ахъайтала росу. Темирукаева Асия, 6...


Суал-жаваб

Чанго жаназа бугони, жаназаялъул как кин балеб?   Чанго хварав чи вугони, щивасдаса батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъикӀаб буго, амма киназдасаго цо как бан тIубазабуниги щибго гьукъараб жо гьечIо. Амма щибалъе батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъугьиналдалъун гӀемераб заманги бан...


Нахъе къан чIоге

Лъица Аллагьасул диналъул рахъ кквезе ва гьеб цебе бачине кколеб? Гьеб суал буго цIакъ кIвар бугеб. ХIатта гIадатго нилъеца кколин абуниги. Как балел, мажгитазде хьвадулел, диналде гIагарлъизе хIаракат бахъулел чагIи руго, тIоцебесеб иргаялда, имамасдеги, гIелмуялдеги гIагарал чагIи.   Нилъеда...


Лъималазе динияб тарбия

Лъималазе тарбия кьеялъулъ эбел-инсул, гӀагарлъиялъул ва цогидалги гӀадамазул асар букӀуна. Гьелъулъ щаклъи гьечӀо. Амма социалиял ва физиологиял гурелги, руго рухӀиял къваригӀелалги. Гьеб ккола лъимералъе кьолеб динияб тарбият. Лъимер Аллагьасукьа хӀинкъулеб, ритӀухъаб лъугьине ккани, кин тарбия...


«Щибаб рокъобе нигIматал»

Гьединаб ахIиялда гъоркь, «Инсан» фондалъул Болъихъ районалда ругел волонтёразул централъ, тIобитIана акция. Акция тIобитIулебгIан заманалда жаниб «Инсан» фондалъул приложениялдасан лъазабун букIана 180 000 гъурущ бакIарулеб бугилан абун. Къокъабго заманалда жаниб гьеб бакIарана ва 300 килограмм...