Аслияб гьумералде

Нухлулазе хъулухъ

Нухлулазе хъулухъ

Нухлулазе хъулухъ

Рецц Аллагьасе, тIубараб рамазан моцIалъ нух-нухазда чIун гIолохъабаз сапаралъ унезе бикьулеб буго лъимгун чамасдак. Масала, гьедин гьабула МахIачхъалаялдаги Буйнакскиялдаги гьоркьоб бугеб габурлъиялда (перевал). Гьениб гьеб иш гIуцIарав чи ккола Казбек районалъул Буртунай росулъа ХIадис Сабиев. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.

 

 

- ХIадис, бокьилаан мун гьаб габурлъуде кин ккаравали ва баракатаб иш гьабизе кин ракIалде ккарабали бицани?

- 2017 соналъ босана дица мотоцикл. Гьеб бугел чагIи гIемер рукIуна гьанир. Дунги гIемер щолаан гьениве ва заманалдасан лъай-хъвай ккана гьениб бугеб кафеялъул хважаин ХIажимурадилгун.

Байбихьуда нижеца цадахъ босулаан чайги цогидал нигIматалги. Гьедин гIодор чIолаан цо гьитIинабго столгIадаб жоги гьабун. Гьениб гьури букIунелъул, дагьаб санагIалъи гьечIого букIунаан иш. Амма ниж рихьидал аскIоре рачIунелги камулароан. Гьениб букIараб хIалги бихьун, цо къоялъ ХIажимурадица абуна кафе бугеб рахъалда бугила бокьараб алат-матахI, гIодор чIезе столал-бакIал, гьабулеб-толелъе кумекалъе хIалтIухъаби, ифтIар гьаниреги рачIун гьабизе бегьулин абун. Гьедин ккана байбихьиялъул иш.

 

 

 

ХIажимурад ккола Буйнакск районалъул ХIабщи росулъа. Гьеб бакIалда бугеб кафе гьес хIалтIизабулеб бугелдаса 5-6 сон буго. ТIоцебе кафе хIалтIизабизе байбихьун буго Пягорскиялда вукIаго. Гьедин, чанго бакIги хисун ккун вуго рехсараб габурлъиялъул тIараде. Дагъистаналъул муфти АхIмад-афанди мажлисалде вачIун хадуб гIажаибаб баракат лъунинги бицана гьес.

 

 

 

- Гьанже лъикIаланго чагIиги рачIунеб, гIезегIан санагIалъабиги гьарураб бакI бихьула гьеб…

- Как ахIизе 10 минут хутIидал ва ахIун хадубги гьедигIанасебго мехалъ нижеца гьаниб бикьула лъимгун чамасдак. Жидер заман бугел чагIи лъалхъула. Руччабазе батIияб бакIалда хIадур гьарурал столалги руго. Машиналдаса вахъине кIоларев чи вугони, гьесие жанибего кьола кваназе жо.

Гьал ахирал соназ, гьабулелъул иш цойиде ккун, санагIалъи лъугьун бугелъул, нижер буго патрульнияб машинаги, ай как ахIизе дагьаб заман хутIидал, гьеб уна гъоркье-тIаде свери бахъизе, машина хун нухда хутIарав чи вугищали балагьизе. Ратани, гьелги кваназарула.

 

- Кин гIуцIун бугеб ифтIар гьабиялъул къагIида?

- КIал биччазе рачIунел чагIи рукIуна. Цо къоялъ рачIунезе кIал биччазе санагIалъи гьабизе уна 15-20 азарго гъурущ гIарац. Гьеб жо цо-цо къоялъ тIаде босула байкераз, гьаниб ифтIар букIин лъалел сахаватчагIаз. Дир гьудулзабазги гьабула кумек. Руго кIиго-лъабго къоялъ рачIун кумек гьабулел руччабиги. Амма гьаб гьабизе тIаде босарав дун вугелъул, щиб кканиги рамазан моцIалъул щибаб къойил гьаниб ифтIар букIинабизе хIадур вукIуна. ГIолохъабаз бачIараб гIарцул нахъе хутIараб жо бугони, мажгитаздасан как ахIиялъул гьаракь борхизабиялъе хIажатал алатал росиялъе хвезабула. Исана нахъе хутIараб жо бугони, гьеб кьезе буго Ленинкенталда бугеб цо мажгиталъе.

 

- Кванил иш нужецагойищ рекъезабулеб?

- Кваналеб жо букIуна плов, чулпа, салат. МоцIида жаниб чанго къо ккола шашликI букIунебги. Какги бан, жидер заман бугезе, гьекъезе чайги букIуна. Профессионалиял богогьабаз хIадурула квен. Гьезул тадбир ва нухмалъи гьабула кафеялъул хважаин ХIажимурадица, богогьанзабазул цоявги гьев живго вуго.

Гьаб ишалъулъ кIудияб гIахьаллъи гьабулев, кинабго захIмалъи тIаде босарав чи ккола ХIажимурад. Гьес базаралдаса босун чIезабула кинабго хIажатабщинаб. Кафеялда хIалтIулел руччабазги гьабула кумек. Аллагь разилъаги гьездаса.

 

 

 

 

 

 

- ГIадамазул кинаб бербалагьи букIунеб нужеца гьабулелде?

- Дагъистаниял руго лъикIал чагIи, гьанив кваназе чIарав щивав чияс жиндирго рахъалдасан дагьа-макъаб жо кьечIогоги толаро.

Риидал ЧIикIаса чи вачIун вукIана гьаниве, гъоркьиса жинца гьаниб кIал биччан букIанинги абун, мокьрол ящикги садакъаде босун. Цогидас бачIун букIана чай гьекъезе стакаби. Лъабабилев вачIана гьанив кванарав пуланав чияс битIанинги абун, гIарацги босун.

Камуларо рачIунел туристалги. Цо къоялъ рачIарал кваназаридал, хIикмалъун хутIун рукIана гьел.

 

- Гьаниб бугеб мажгит къачIалебги, гьелъие нухмалъи гьабулевги вукIана мун. Гьелъул щиб ккараб?

- ХIакъикъаталдаги гьаб мажгит букIана басралъун. ХIажат тIубалебги какичурулебги бакI букIана санагIалъи гьечIого. Гьеб хIалги бихьун, хIукму ккана ремонт гьабизе. ХIалтIи гьабулеб бихьидал, мотоциклазда гьанире рачIунезги кумекги гьабуна. АхIмад-афандиясги бачIана жиндирго рахъалдаса гьанибе гIарцулаб кумек битIун. Аслияб бербалагьи гьелъул гьабула гьеб барав Хъарданущиса чияс. Нижеца гьесие кIвараб кумек гьабуна.

 

- Нужеца гьаниб исламиял тадбиралги тIоритIулел рагIула…

- РабигIул авал моцIалъ нижеца мавлид гьабула байкералги ракIарун, хIаракат бахъула гьебги щибаб соналъ гьабизе. Цо соналъ мавлидалде ДРялъул муфтиги вачIун вукIана. Гьев кутакалда разилъана нижер данделъиялдаса.

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Баркала тохтурзабазе

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъаби! РакӀ-ракӀалъулаб баркала кьезе бокьун буго № 8 поликлиникаялъул участкаялъул тохтур АсхIабалиева ПатӀиматие ва медсестра ХIажиева Муслиматие.   Дир буго 80 сон. Дун гӀемераб мехалъ унтун йикIана хроническияб бронхиталъ, хъухIудиялъ...


КIудияб гIидалъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу, хириял диналъул вацал ва яцал!   РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб Къурбаналъул байрам. Гьеб баракатаб къоялъ нилъеца кидаго ракIалде щвезабула Ибрагьим аварагасул тIадегIанаб мисал, гьесул ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ букIараб...


ГурхIел-рахIму

Нилъер иманалъул къиматаб жавгьаразул цояб ккола гурхӀел-рахӀму. Гьеб цIакъ беццараб тIабигIатги буго. Иман щулалъиялъе, рухӀияб рахъ цебетӀеялъе, напс квегъизе гьарулел аслиял жалазул цояблъун ккола гурхӀел-рахӀму.   Гьеб ккола инсанасул цогидал гIадамаздехун бугеб хинлъи-рокьи, лъикIаб...


Къурбаналъул гIид

ХIурматиял магIарулал, гьале тIаде щолеб буго исламалда жаниб кIудияб гIидлъун рикIкIунеб Къурбаналъул байрам.   Гьелъул аслу буго Ибрагьим аварагасдаса бачIараб. Гьебго тарих буго исламалъул щуабилеб рукнулъун бугеб хIежалъулги. Нилъер диналъул вацалгун яцал гьел къояз рукIуна хIежалъул...


Нужее баяналъе

ГIумар-асхIаб кин чIварав? – Рогьалил как балаго чIвана. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай? – ГIаишат. Аварагасул чIужу ХIафсатица чан сон бараб? – 69 сон. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб? – Суратул...