Аслияб гьумералде

МагIарул мацI цIуниялъул мактаб

МагIарул мацI цIуниялъул мактаб

МагIарул мацI цIуниялъул мактаб

Рамазанов МухIаммад ккола Шамил районалъул Хьиндахъ росулъа. 1963 соналда лъугIизабуна медучилище. Гьелдаса хадуб, жиндирго гIагараб росулъ фельдшерлъиялъулаб пунктги рагьун, гьенив цо соналъ хIалтIана.

 

1969 соналда Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул биологиялъулгун химиялъул факультетги лъугIизабун, МахIачхъалаялъул №10 школалда тарбия кьеялъул хIалтIул рахъалъ учительлъун хIалтIана. ЛъагIалидасан тIамуна республикаялъул пионеразул кIалгIаялъул директорлъун. 1971 соналъ хъулухъ гьабуна Советияб армиялда. 1972 соналда цIализе лъугьана Ленинградалда бугеб аспирантураялде.

Педагогикиял гIелмабазул кандидат абураб цIар цIунана 1976 соналда. ХIалтIана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталда. 

1989 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда педагогикаялъул ва психологиялъул, хадуб социалияб педагогикаялъул кафедрабазул нухмалъулевлъун. 1993 соналдаса нахъе гьев вуго ДГУялъул социалияб факультеталъул деканлъун.

1998 соналда цIунана докторлъиялъулаб диссертация. Профессорасул цIар щвана 2000 соналда.

МухIаммад ккола МахIачхъалаялда бугеб «Земфира» абураб хасаб школалъул генералияв директор. Гьал ахирал соназда гьес Ленинкенталда рагьана «Кавсар» абураб, байбихьул классалгун ясли-ах гьоркьобе бачараб цIияб школа. Гьениб цIалиялъулъ аслияб кIвар буссинабула магIарул миллаталъул лъималазда рахьдал мацI малъиялде.

 

 

 

 

Даитбекова ПатIимат, магIарул мацIалъул мугIалим, КъахIиб росу

 

- Школа лъугIидал дун цIализе лъугьана ДГУялде. 2017 соналъ лъугIана гьеб. Практикаялъулаб заманалда хIалтIана росулъ. Хадуб лъималгунги хIалтIана цо-цо бакIазда. Гьелдаса хадуб ячIана магIарул мацIалъул дарсал кьезе «Кавсар» школалде.

- Росулъ дарсал кьейги гьаниб бугеб цIалиги дандеккуни, щиб абилеб?

- Росулъги гIатIиракьалдаги бугеб цIали дандеккуни, кIудияб батIалъи буго. Гьанир ругел лъималазда цIидасан малъизе ккола цин магIарулалъ кIалъазе. Малъулеб жо бичIчIизабизе ккола магIарулгун гIурус мацIаз бицун. Гьелдаго цадахъ, гьанже цIиял тIахьазда руго цо-цоязда лъаларел литературиял рагIаби. Амма тIахьал, щибаб хIарпалдаса байбихьулел рагIаби, кучIдул рехсон бичIчIизабизе бигьаяб къагIидаялда гIуцIун руго.

Гьелдаго цадахъ буго цоги тIехь, калам цебетIеялъе хIалтIизабулеб. Гьелда бихьизабун буго вас унев вуго, яс ячIуней йиго, хIайван билълъун бачIуна абураб кинниги цIарубакIалги кьун, щибаб жоялда битIун абулеб къагIида. Амма, лъималазда магIарулалъ кIалъазе лъангутIиялъ, гIемераб хIалтIи гьабизе ккола. 

Росабалъ гьечIо гьеб захIмалъи. Гьаний йиго цоги мугIалим, магIарухъ дарсал кьолей йикIарай. Гьелда жакъаги абулеб букIана дица магIарул бацIцIадаб мацI лъалев мугIалимасе росулъ дарсал кьезе щвей гьеб кIудияб талихI бугин. Шагьаралда захIмат буго, щайин абуни, мацI лъангутIиялда тIаде мугIалимасе кумек гьабулеб гьечIо эбел-инсуца рокъобги.

 

- Дур пикруялда, «Кавсар» школалъ щиб кьезе бугеб лъималазе? Гьадинал бакIал хIажат ругищ шагьаразда?

- Дица абила, кIудияб хIасил бугин абун. Щайин абуни, исанасеб цIали байбихьун лъабго-ункъо моцI гурони ун гьечIо. Амма суал кьедал вас, яс щал кколелалицин бицине лъалел рукIинчIел лъимал ругьунлъана цоцазулгун накъит гьабизе.

- Рахьдал мацI цохIо школазда малъун тIубалеб жо бугищ яги рокъобги малъизе кколищ?

- Щивасда бихьулеб буго тIалаб гьечIого тараб мехалъ жидер лъималазул букIине бугеб хIал. Рокъоб эбел-инсул букIине ккола лъималазул ургъел, халгьабизе ккола щиб гьезда малъулеб бугебали. 

Цо хIарпалда тIад, кIалалъ абун, доскаялда хъван, чанго къоялъ хIалтIи гьабула нижеца. Гьедин бичIчIизабураб лъималазда ракIалдаги чIола. Гьабула калам цебетIеялъеги хIалтIи. Амма рокъоб кIвар гьечIолъи букIунеб буго. Гьеб хIал бихьидал, малъараб жо щула гьабизе букIине, дица лъималазе кьезе байбихьана эбел-инсуцагун рокъоб гьабизе хIалтIи. Ва абуна хадуб нужеца лъейин эбел-инсуе къиматгийин. Гьелъги гIезегIан кумек гьабулеб буго.

Гьаб заманалда лъималазе ретIине, кваназе буго, ай камураб жо гьечIо. Гьезул гъира базабулеб жо буго гIарац. Гьелда хурхун байбихьана дица цоги хIалтIи кьезе. ТIубазабуразе гIарцулал шапакъатал кьезе ругинги абун. Гьал къоязда букIана «Рагьараб дарс». Хадусеб къоялде тIамач цIураб жо, магIарул мацIалъ, лъазабун бачIаралги лъимал ккана. Малъулелде гъира буго лъималазул, нилъеца кумек гьабизе ккола.

Рахьдал мацI цохIо школазда малъун тIубалеб жо гуро, гьелъул гIемерисеб эбел-инсуда бараб буго. Школалда малъулеб бугин абун эбел-инсуца тасамахIлъи гьабуни, нижеца малъаралъул хIасил кьезе гьечIо.

 

- Рахьдал мацI лъималазда лъаялъе бищун цIикIкIун кумек гьабулеб жо щиб кколеб? 

- ГьитIинаб къоялдаса нахъе рахьдал мацIалда кIалъай. ГьитIинго рахьдал мацIалъ кIалъаялъ цIунула гьеб. ГIемер рукIуна лъималазе бицинего захIмалъулеб бугин абулелги, жидеца магIарулалъ цIеханиги гьез гIурусалъ жаваб гьабулин абун. Амма хIарпалги рахъун, кIалъазеги кIалъан, гьитIинго ругьунлъун ругони, гIедалги гьезда ракIалда чIола, хадубккун бигьалъизеги бигьалъула.

 

ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

Исламалда жаниб хасаб бакӀ ккола захӀматалъ, хасго творческияб хӀалтӀиялъ ва ракьалда хурхараб хӀалтӀиялъ.   Росдал магӀишат ккола бищунго хириял пишабазул цояблъун, ракьалъул ургъел гьабиялъул, гьелъул лъикӀлъиялъул, Аллагьасул хIикматалда рекъон гӀадамазе квен-тӀех чӀезабиялъе ва гIмру...


Балагьаздаса цIуниялъе

Жакъа нилъ киналго руго Дагъистаналда ккаралъул нугIзаллъун. ГIемерал гIадамал захIматаб хIалалде ккана, гьебги, щаклъи гьечIого, ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб хIалбихьи ккола.   ХIакъикъаталдаги, гьаб дунял бижунго букIана хIалбихьиялъул бакI хIисабалда. Нилъер бугебщинаб жо -...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...


Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин...